![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
![]() Гаджимагомедов Гаджимагомед Курамагомедович РИТIУХЪЛЪИ ЦIУНУЛЕВ ЦIУМ ВУКIАНА ГЬЕВГЬАЛМАГЪАСУЛ ХIАКЪАЛЪУЛЪ РАГIИ- ХIажимухIамад ХIажимухIамадовги дунги цоцазда лъалаан 1968 соналдаса нахъего. Ниж цого заманаялда цIалулел рукIана ДГУялда, дов химиялъул, дун физикаялъул факультетазда. ЦIали лъугIун хадуб, рагьулаб кафедра лъугIарал лейтенантал, ниж армиялде ахIана. Хъулухъ гьабизе дов Закарпатьеялъул, дун Прикарпатьеялъул рагъулал округазде ккана. Гьенире ритIилелдеги кIиго моцIалъ Тернополь шагьаралда цадахъ рукIана, щибаб соналъ рагьулал ругьунлъабаздаги цадахъ гIахьаллъизе кколаан. Рагъулаб хъулухъалдаса хадув ХIажимухIамад милициялде хIалтIизе лъугьана, дунин абуни жеги щуго соналда ремзаводалда хIалтIана. Гьевги дунги кIиго соналъ шагьаралъул управлениялдаги, лъагIелги бащадаб гIанасеб заманаялъ гьанирги цадахъ хIалтIана. ХIажимухIамадил къисматалъ унго-унгояб хIалалда ракI бекизабуна гьев лъалел, цадахъ хIалтIарал гIадамазул. Гьабиларебги кинха, гьесулъ бессун букIиндал унго-унгояб хIаракатчилъиги, гIаданлъиги, гIадан вичIчIиги. Гъос абулаан жиидир хIалтIуе къимат, министрас гуреб, гIадатиял гIадамаз кьезе кколилан. Гьезул хIалхьи цIунизе кIвеялдаса кIудияб шапакъат милициялъул хIалтIухъабазе букIунарилан. Жавабчилъиялъул бицани, гьес тIоцебе жиндасаго, хадуб цадахъ хIалтIулесдаса тIалаб гьабулаан. Гьесул букIана гIажаибаб гIуцIарухъанасул махщел. Гьев управлениялде хIалтIизе вачIун моцIал иналде хисана идараялъул гьумер, гьабуна ремонт. ТIоцебесеб къоялъго гьев щвана щибаб кабинеталъуве, дандчIвана щивав хIалтIухъангун. КьучIдасанго хисана хIалтIиги, борхана жавабчилъиги. МВДялъул академиялда гьес цIунараб дипломалъул хIалтIиги букIана гIуцIарухъанлъиялда хурхараб. МВДялъул отдел букIараб нижер идараги гьес нухмалъи гьабулеб дагьабго заманаялда жаниб сверана управлениялде. ХIажимухIамадица данде гьаруна цере гьанир хIалтIулел рукIарал ветеранал, гIенеккана гьезухъ, хIажатазе гьабуна кумек. Цадахъ хIалтIулезда лъалаан бокьараб ишалъе гьесда мугъчIвай гьабизе бегьулеблъи. Лъие къварилъи кканиги, тIоцеве гьев щолаан кумекалъеги. ХIажимухIамад кидаго хIалае ватулаан къваригIелалъ щвараздаги. Гьесул хасият букIинчIо гIисибикъинаб жоялде кIвар кьолебги кIвар кьезе мустахIикъаб кIочон толебги. РакIчIун абизе кIола ХIажимухIамад вукIанин Жанисел ишазул министерствоялъул кьерал берцин гьарулездасан цоявилан. Жакъа божизе захIмат буго гьев нижгун гьечIилан абураб пикруялда. Лъаларо лъие гьесул гIажал .хIажат букIарабалиги. Гьесул аниш букIана Ленинкенталъул хасаб гьоркьохъеб милициялъул школа тIадегIанаблъун гьабизе. ХIадурлъулев вукIана гIелмабазул кандидатасул диссертация цIунизеги. ГIемерал тIурачIел анищалгун тIуна сахав магIаруласул, унго-унгояв бихьинчиясул гIумру. |
|
||||||||||
|