![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ТIИНДАДЕРИЛ «КЬАБА»Нижер тIиндадерил «кьаба» бихьизе,
Кьиндалил кьварараб мехалда рачIа. Хасел бащалъулеб халкъияб байрам, Ихдаде ракI чIараб чIухIураб байрахъ. Нуж ругьун ратана хилъизаризе, Хириял рорхила медалъул лъаларал. Нуж свакана ратании свак чучиялъе, Свераби рахъила магIарул кьурдул. ГIолилаз ракIарун чIагIа гьекъела, ЧIартил бахIаразул бертин гьабила. Зурма къалиялъул къва-къвалеб гьаракь, Гьал кьурул сияца такрар гьарила. Нижер ТIиндадерил «кьаба» бихьизе, Кьиндалил кьварараб мехалда рачIа. МугIрул гIадатазул гьитIинаб жавгьар Нужода кидаго кIочон теларо. |
|
||||||||||
|