![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МуидеМахIмудий ёкьарай бекьилъа Муи
Мун кигIан талихIай йижун йикIарай? ШагIирасул кочIолъ кидагоялъе. КунчIараб цIвалъун хутIана даим. Дуе талихI кьечIин руго бицунел, Биценалъе хутIи, гьеб гурищ талихI? Ракьалда йикIадго гIашикъаб рокьи. ХIлаллърай дуе гьеб гурищ икъбал? ШагIиралъул рокьул бацIалъиялъул, Бицен буго жеги Дагъистаналда. ГIашикъасул рекIел гьеб ритIукълъиги, КъанагIатаб буго дир заманалда. Рокьул лъим гьекъечIез бищунеб хабар Хирияй дун дуда рухIдаллъун йиго. ГIишкъул гIазаб швечIез абулеб рагIи, РагIуларо дида кин бицаниги. |
|
||||||||||
|