![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГIакълудал бетIерХалкъияв шагIирас, гIагараб мацIалъ,
ШигIру цIалулелъул сихIте гIадамал. Дуниялалдаго лъалев гIакъилас, ГIакълу кьолеб бугин, гIин тIаме гьесухъ. Гьедин хъван букIана дица доб мехалъ, Дун Расулил гьаркьихъ гIенеккулелъул Гьанжеги гьеб гьаракь буго рагIулеб, Ракьулъ букъаниги, гIакълудул бетIер. Дагъистаналъул вас, аваразул вас, Азар миллатазе вуго гIахьалав. «Дун ЦIада росулъан мистер ХIамзатов» МагIарул мацIалда хъван тана нилъей. Гьав нилъеда цадахъ , гьасул тIахьазулъ, ТIолазго цIалулел гьасул шигIрабалъ, ЧIагояв гIадинан вуго гаргалев, Гучаб нилъер ВатIан тIегьазабайин. «Дир Дагъистаналъги» тIолго Россиялъ, «Рокьул диваналда къотIизе те суд» ГIагараб Россия, Дагъистан дур вас Дуца малъухъе вас хьвадизе кола. Кинго бегьиларо кIочене тезе, ГIакълудул бетIералъ угьараб калам. Къимат тIадегIанал Расулил дарсал, Дурусго, бачIунеб гIелалъе кьезин. |
|
||||||||||
|