![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ХъахIаб гIазуХъахIаб гIаздал хIулал руго роржунел,
Ракьалда гьарзаго руго рештIунел. Ракьалда тIад бугеб хъублъу бахчизе, ХъахIаб шаршав буго тIаде тIамулеб. КъватIиб бугеб хъублъи, гIаздакь бахчила ГIадамазул ракIал кинан рацIинел. Рагъалги, кьалалги, гьаб дунялалда, Даимаб жоишха ахир лъалареб? Дуниялалда тIад бищун гIакъилав, ГIадан вугебилан абун рагIана. БичIулареб кинаб гIадамил лъимер, Лъавукълъиялъ росун унел ругеблъи. |
|
||||||||||
|