![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
КЪУНКЪРАБИ
Дида рикIкIалдасан гьаракь рагIула,
ГIодулеб рагIула къункъраби дида. Дора борхалъуда кьералги гьарун, Гьале къункърадул тIел тIерхьунеб зодихъ. Кидаго букIинчIеб къварилъиялда, Къокъун унел руго къисматалъ рачун. ХIайраналъарай дица гьезда гьикъана: - Гьаб къварилъи кисан, пашманлъи щибан? Гьез дий жаваб кьуна, кьурунги руссун: - Ракъалда цо инсан вихьулев гьечин, Ниж кIодо гьавурав, кочIолъ рехсарав, Кудияв шагIирас дуниял тун бугин. Къварилъулел щайзе хириял хIанчи, ХIасратал саринал танин Дос нахъ. Живго хвананиги халкъалъ цIализе, ЦIар арал асарал хутIанин даим. Гьасул рагIиялъе хвел букIунарин, Хъварал шигIрабазул магIна тIокIабин. Борхатаб магIарда бижарай жавгьар, Ракьулъ букъунилан кунчIи холарин. ГIажагIибаб гIадат гьаб дир халкъалъул, Хваразул цIар лъолел цIи гьаруразда. Ва гIела магIарухъ цойги Расулал, ЦIар гьасул босарал ирс гьасул ккурал. |
|
||||||||||
|