![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Кин ругел?Кив ругел, кин ругел дир гьубулзаби,
Афганалъул рагъул нуж гIахьалчи. Къоло шуго лъагIел свераннаниги, Ссунеб гьечо рекелъ доб рагъул бухIи. Тухьидул цIадалъан, цIадул нухдасан, Дир мугрузул цумал чанги нилъ арал. Борхалъи бахъизе, буйрухъ тубазе, Чамаз рухI бичараб, чамал рорчарал. Афганистаналъул салул авлахъал, Хъурщун кигIан манзил сардаз нахъ тараб? РакIалдаса анищ? КIочIон тарабищ? КIуйдулги, салулги хасаб цо тIагIам. Гулбуца цIалкIарал, цIаялъ рухIулел, Танкаби рачарал багьадурзаби. РорчIиладай яги рорчIилародай? Вас – васун кьабулеб ургьиб гьинал ракI. Лъала нилъер рекIелъ рукIине руго, Рагъалъ рачун арал дол гIолохъаби. Маххул ящиказулъ рукъор руссарал Россиялъул вассал, нилъер солдатал. Дуниял хисана, ватIан хисана, ВатIаналъул бутIрул цогидал ккана. Амма букIаниги божи буго дир, БахIаразазул цIарал кIочон теларин. |
|
||||||||||
|