![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Цолъиялде ва вацлъиялде ахIанаМ-С. ЖахIпаров, МахIачхъала шагьар10 июналда МахIачхъалаялда букIана район тун къватIир гIумру гьабун ругел исламияб диналъул гIалимазул данделъи. Цебе къокъабго рагIудалъун гьеб рагьана районалъул бетIер М. Камиловас. ![]() id:4864 Бицен гьабулеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Хасавюрт шагьаралъул мажгиталъул имам Я. ГIусмановас, Гъизляр шагьаралъул мажгиталъул имам С. АхIмадовас, Гъизилюрталда бугеб исламияб университеталъул ректор М. Давудулаевас, Хасавюрт шагьаралда бугеб исламияб университеталъул ректор М-Д. ГIумархIажиевас, Хасавюрт шагьаралъул мадрасалъул мугIалим Ш. ГъазимухIамадовас, Хасавюрталда бугеб исламияб университеталъул мугIалим З. МухIамадовас, «Агьлу-суннаялъул» нухмалъулев Г1. Къебедовас, Агъвали росдал мажгиталъул имам С. ПирмухIамадовас, ТIинди росдал мажгиталъул имам ХI. Халилулаевас, КIванада росдал мажгиталъул имам Гъ. Пахрудиновас, Гъизляр районалъул «Вперед» росдал мажгиталъул имам А. КъурамухIамадовас, КIванадаса М. Нажмудиновас ва М. ДибирмухIамадовас, Сасикь росулъа ХI. ХIусеновас, Астраханалда чIарал КIванада росулъа М. Шарапудиновас ва ХI. Халидовас, Хуштада росулъа М. ГIабдулаевас, Лъондода росулъа М. ГъазимухIамадовас, Хъварщи росулъа МухIамадица, Муцалаулалда чIарав Первомайскиялдаса ХIажияс, Гьимерсо росулъа А. ГIазизовас, Лъондода росдал бегавул М. Идрисовас, Эчеда росдал бегавул ГI. КъурамухIамадовас, райадминистрациялъул бетIер, М. ГIабдуразакъовас, райсобраниялъул председателасул заместитель А. Вечедовас, райадминистрациялъул бетIерасул заместитель, М. Гагиевас, райгазеталъул редактор М-С. ЖахIпаровас ва гь.ц. -Ассалам гIалайкум хириял диналъул вацал, жакъа нилъ цIидасан данделъиялъе гIиллалъун ккана районалда лъугьун бугеб лъикIаб гуреб ахIвал-хIал ва гIалимазда гьоркьоб бугеб рикьи гьоркьоб лъей, диналъул вацал цолъиялде, гъункиялде ва вацлъиялде ахIи,-ян байбихьана районалъул бетIерас жиндирго кIалъай. Россиялъул регионаздаго гIадин, нилъер гьанибги камун гьечIо исламияб диналда гьоркьор рикьалаби, бокьарас бокьараб дин тIаса бищун гьабизе изну кьун буго, гьелъул магIна кколаро тIарикъаталъул ялъуни салафиназул дин тIаса бищун тIолгояз гьеб гьабизе кколин абураб. Районалда руго батIи-батIиял мацIазда кIалъаял ругел росаби, гьезул щибалъул руго жидерго хаслъаби, гIадатал. Исламалда хурхун абуни, рикьалабазда цадахъго цояс цо бицун, цогидаз цоял какун, хIакъаб рагIи бадибе абулеб гьечIо, гьединаб хьвада-чIвади нилъее къабулаб гьечIо. Жакъа нилъ гьанире руссун гьечIо республикаялъул тIалъи какизеги, щивасул гIунгутIаби цIехезеги, бокьила гьаб мажлисалда ракI рагьараб, диналъул вацазул къимат гьабун адабалда районалъул исламияб жамгIияталда гьоркьоб цолъи ва вацлъи кин гIуцIилебали гьоркьоб лъезе. -Кин щиб бугониги гьечIо цолъи ва гъунки гIадаб къуват. Данделъи бачине тIад къарав районалъул бетIер М. Камиловас кIалъазе рагIи кьола Хасавюрт шагьаралъул мажгиталъул имам ЯхIя-хIажи ГIусмановасе. -Хириял диналъул вацал, тIадегIанав Аллагьас хирияб къуръаналда жани муъминзабазде хитIаб гьабулеб буго иманалъул агьлуялдаса нилъ рукIин, гьелдаса хирияб хитIаб къуръаналда жаниб гьечIо. Нилъ гьечIо цо-цоязул квер босуларел, нилъеда гьоркьоб бугеб загIиплъи ккола иман гьечIолъи, лъица щиб гьабулеб бугониги шаригIаталъул рамкабаздаса борчIараб пиша гьеб какараб буго, битIараб нухда рукIине хIаракат бахъе. Нилъер гьечIо щибго бикьизе жо, нилъее чара гьечIого кIвар бугеб суал буго районалда бугеб хIал, гьелъие кьезе ккола къимат, щай гьениб ахIвал-хIал хIалуцун бугеб, нилъеда бихьана гьеб макьу, гьеб букIана кьогIаб, жакъа цо-цоязе гьеб гьуинлъун буго. Лъида рагIичIеб диналъул вац чIвай гIалам чIваялде бащалъулин, кидалъизегIан рукIинел квешабщиналдаса мисалги босун, нилъеца хIаракат бахъизе ккола рохьахъ ругел нахъе ахIизе,-ян бицана жиндирго кIалъаялда Я. ГIусмановас. КIалъазе рагIи кьола «Агьлу сунна вал жамагIат» ассоциациялъул бетIер ГIабас Къебедовасе. -Хириял диналъул вацал, Ассаламу гIалайкум! жакъа нилъ лъугьун бугеб хIакъикъат бицине жанисан гьалулел руго, цебе букIаралдаса нилъ жеги квеш ккезе руго, жиб-жиб унтиялъе битIараб диагноз лъезе ккола, цебе арабги букIарабги бицине бокьун гьечIо, дие нуж киналго руго диналъул вацал, жакъа нужедаса гIелму ва гIакълу бугевилан абулеб мех гуро, батила БетIергьанас дие кьураб гIелмуги лъайги. Аллагьас нилъ цолъиялъеги, нилъеда гьоркьоб махIабат щулалъиялъеги тIамураб гали батаги жакъа гьаб нилъер данделъи. Районалъул бетIер веццун абулеб мех гуро, гьаб данделъи тIобитIиялъе лъикIаб нигат буго М.Камиловасул, гьалъ нилъ цолъизаризе ва гъункизаризе руго, исламалда жани рикьалаби рукIана, гьаб «Агьлу-сунна вал жамагIат» абураб рагIиялъ нилъ цоцаздаса ратIа гьарулел гьечIо, божа нуж гьеб гIуцIиялъул гьединаб мурадги гьечIо, нилъеда гьоркьоб тушманлъи бекьизе бокьарал къуватал руго. Нилъеца щивас БетIергьанасда цебе батIаго жаваб кьезе буго, нилъ кьучIал жавабал кьезе хIадурал рукIине ккола, нилъеца цоцаздехун бицараб рокьукъаб хабаралъулги жаваб кьезе ккола, гьеб кIочон тезе бегьуларо. Ниж ДРялъул президентас рохьазул рахъ ккуралин ккун ахIана жиндихъего, нилъер диналъул вацал руго жакъа рохьор, щай гьенир ругелан анализ гьабизе ккола, Агьлу-сунна абураб ассоциация гIуцIиялъул маслихIат гуреб, квешлъи щиб бугеб. Гьеб ассоциациялъ Москваялдаса бачIараб экспертнияб группаялда цере лъуна нижер тIалабал ва гьел тIурани Дагъистаналда би тIей гьоркьоб къотIизе бугилан лъазабуна, гьаб питна лъугIизабизе ккани лъабго нух буго-цо бугони рагъ гьабун, рагъалъ васал гьаруларо,гьаруралги чIвала кIиабилеб-мадугьалихъ бугеб чачаназул нух, гьеб нужеда лъикI лъала, чачаназул ракьги гьеб россиялъул гуро, гьенир россиялъул законалги хIалтIулел гьечIо, кIудиял гIарцалги харж гьарун гьениб эксперимент гьабулеб буго, гьеб нилъер гьаниб гьабизе данде кколаро, гьелъул гIумруги къокъаб букIуна. Лъабабилеб нух буго ракълида, цоцада ричIчIиялдалъун, кIиябго рахъалъе пайда бугеб къагIида. Нилъер улкаялъул аслияб закон ккола Конституция. гьеб цIунулеб бугищха? гьечIо. Гьеб аслияб законалда киналго ращад гьарун руго, хIакъикъаталда гьеб гьедин гьечIо, масала, паризаяб хIеж борхизе цоцоязе бигьалъаби гьарун, цогидал гьелдаса махIрум гьарун руго. Улкаялда гIадлу гьечIо, лъикIалде хьул лъун унел руго рохьазде, божа гьелъ масъала тIубаларо. Макъсуд (Теологияб институталъул ректор) чIвана, мунагьал чураги гьесул, гьев вукIана диниял экстремистазда хIакъаб рагIи абулев чи, гьев чIваялъулъ нижер гIуцIиялъул гIахьаллъи гьечIо ва букIинаро. Нилъ цIумадисезда бичIчIизе ккола жакъа бугеб хIал, рикьиял гьаризе гурел цолъизе щай хIаракат бахъулареб, дун цIумадисевлъун вукIунаро дида цIумадисев инжитлъун вихьани, цIумадисезда гьоркьоб гIадлу, рагIи данде ккезабизе нилъеда кIвани, божа нуж Дагъистаналда гьелде щолеб цоги къуват гьечIо. РачIа районалдаги, гьеб бахун къватIир ругездаги нилъер цолъи, гъунки ва вацлъи бихьизабизе, хилапиял масъалабиги къватIир рахъуге, рахъани гьелъул тушбабиги гIемер рукIине руго, дие бокьун гьечIо рохьов цониги чи вукIине ва дида божун гьенисан чи тIадвуссинавизе кIвеларо, республикаялда руго къуватал нилъер гьаниб ахIвал-хIал хIабургъинабизе бокьаралги,-ян лъугIизабуна жиндирго кIалъай «Агьлу-сунна вал ЖамагIат» гIуцIиялъул бетIер ГIабас Къебедовас. КIалъазе рагIи кьола Гъизилюрталъул исламияб университеталъул ректор, гIалим МухIамад Давудулаевасе. -Ассалам гIалайкум, хириял диналъул вацал. Жакъа районалъул бетIер М. Камиловас гьаб данделъиги ахIун данде гьаруна нилъ, гьелъул мурадги буго нилъ цолъи, гъунки ва исламияб вацлъиялда рукIин. районалъул бетIерас гуро гьеб суал цебе лъезе кколеб букIараб, гьединаб ахIиялда гъоркь нилъ цере рахъине кколел рукIана, гьелъухъ МухIамадие баркала. Гьанир кIалъазе рахъараз бихьизабуна ЦIумада цIикIкIарал гIалимал ругилан. Гьеб битIараб буго, гIалимал рукIин гIоларо, махIабат рекъараб гIамалги, шаригIаталда борцун гьарулел ишалги рукIине ккола, гIалимазда гьоркьоб исламияб вацлъиги адабалъул хьвада-чIвадиги букIине ккола, -ян байбихьана гьес жиндирго кIалъай. -Гьаб жакъа тIобитIулеб данделъиялъул байбихьи лъун буго цIумадисел цолъизе, гъункизе, рагIи данде ккун рикьалаби тIагIинарун хIакъаб исламияб дин гьабизе, БетIергьанас гьедин гьабизе тавпикъ кьеги нилъее киназего. Данделъиялда кIалъазе рахъарал гIемерисез борхана «Агьлу-сунна вал ЖамагIат» абун лъечIого гьеб ассоциациялда цIар цогидаб цIар лъун букIарабани лъикI букIинчIодаян. Гьеб ассоциациялъул бетIер ГIабас Къебедовас гьеб цIаралда бараб жо батани гьеб хисизеги бегьилилан рагIиги кьуна. -Дида ракIалде ккола бицен гьабулеб Ассоциация гIуцIулаго, гьадинаб гьечIониги мажлисги гьабун гьеб суал гIалимазда гьоркьоб лъун букIарабани гьал жакъа дандчIвалел рикьалаби рукIине рукIинчIо-ян байбихьана КIванада росдал дибир Гъ-М. Пахрудиновас жиндирго кIалъай. -Агьлу- сунна абураб рагIул магIна гьанжесел гIолохъабазда батIайиса бичIчIулеб буго, гьелъул хIасилалда рикьалабиги лъугьунел руго. Гьеб суалалда тIад нилъ цокIалго хIалтIун рукIарабани хIасил батIияб букIинаан. ХIисаб гьабеха нижер рукIа, яги цогидал росабалъа рукIа ахираб заманалда 12 чи чIван вуго. БачIунеб буго суал, щал гьел? Гьел руго нилъер щивасул диналъул вацал. Киб хъван батараб чи чIваян, гьечIо гьедин хъвараб бакI, гьел чIвайги дица нилъер, районалъул гIалимазул гIей гьечIеб хIалтIул хIасиллъун рикIкIуна. Иш гьедин ккечIого букIиналъе нилъеда гьоркьор рукIине бегьуларо рикьалаби, рачIа хIакъаб динул исламалда сверухъ цолъизе ва гъункизе, гьеб мехалъ нилъеда цере чIарал масъалабиги мурадалде щвела. -Ассаламу гIалайкум, хIурматиял диналъул вацал! Аслияб ва чара гьечIого хIажатаб хабар ккана гьаб мажлисалда, нилъеда лъала Авараг (с.т.гI.в.) ва гьесул сунатал, жугьутIаз 8 гурони асхIаб рикIкIунаро, хутIарал капурзаби ругилан чIола,-ян байбихьана «Агьлу сунаялъул» вакил Лъондода росулъа Шагьрурамазан ГъазимухIамадовас жиндирго кIалъай. -Цебехун букIаралде тIаде ракьги хъвагIан, нилъ тIаделъизе ккола жакъа цебе чIараб масъалаялде. МукIурлъун абизе ккола, дун вохарав вуго нилъер гьаб жакъасеб дандчIваялдаса ва мажлисалдаса, гьадинал дандчIваяз нилъ цолъизарула ва гъункизарула. ЯхIя-хIажица абухъего, нилъеца хIалтIи гIуцIизе ккола исламалъул кьучIал лъазариялдаса. Нилъее чара гьечIого хIажатаб буго гъункизе, исламалъ тIалаб гьабухъе цоцаздехун хIурмат цIунизе. Ислам буго ракълил ва хIеренлъиялъул дин. ХIакъикъаталдаги гIалимазда гьоркьор гьечIо цоцазулгун квер босуларел гIадамал. Аралъул хIисаб гьабизе ккола ва нилъ рачIине ккола гражданазулаб диалогалде (рагIи данде ккеялде). Мекъалда мекъабилан, битIаралда битIарабилан абизе ккола, киназго цо кIалдисан абулеб буго цIумадаса цIаларал гIадамалин, гIалималин, гьедин батани рачIаха жанире, мисалалъе гIуцIун буго Агьлу-сунна абураб ассоциация, гIемер бахIс буго гьелда тIаса, рачIа нилъеца гьеб суал гьоркьоб лъун данде кколеб, кколареб хал гьабизе, бегьулареб суалищ гьеб бугеб. Дида гьелъулъ бихьуларо рикьи гьабизе жо. Нилъ бусурбаби руго, гьелъ цолъун, цоцазул адабги рехун течIого, рикьалаби гьаричIого, ислам партиялде гъорлъеги цIачIого махIабатги щулалъизабун рукIине ккола. Агьлу суннаялъул гIемер бицунеб буго, дихъе рачIана гьелъул бицун, дунги щвана гьелъул бицун, дица хIатта абуна ГIабас политика гьабулев чи вугин, гьев гьенив гъорлъ ватани гьеб гIуцIиялде дун лъугьинарилан. Гьелъул хIакъикъат бицун дун щвана ЯхIя-хIажихъе, дица абулеб букIана ахIе гIалималги данде ва гьоркьоб лъе гьеб суалилан. ГьабсагIаталда лъабазаргоялдаса цIикIкIун лъимер буго Дагъистаналда бесдалаб, лъугьун бугеб хIалги хIисабалде босун гьелдаса рорчIиялъе лъабго нух буго-тIубан Дагъистанги тун къватIир ин, рохьоре ин ва чIара-хьараб берцинаб гIумру гIуцIи. Ахирисеб тIаса бищизе лъикIаб буго. -Ассалам гIалайкум! Дихъе бачIараб ругьелалда рекъон нилъ данде ракIарун руго вацлъи гьаризе, дир нужодехун рокьукълъиги гьечIо дие нужги диналъул вацал ккола, ян бицана Гъизляр шагьаралъул дибир СаидхIусен АхIмадовас. -Жакъа нилъеде тIаде щун буго балагь, цоял рохьилалилан, цогидал милициялъулилан чIвалел руго дагъистаниял, нилъер щивасул диналъул вацал. Жакъа нилъеца хIисаб гьабизе ккела цере ричарал гъалатIазул, гьезул хIисабги гьабун битIизабизе ккола хадубккун гьабизе бугеб хIалтIи. Жакъаги нилъ гьебго рикьиялда хIалтIани, гьелъ гьебго рикьи бекьизе буго, жакъа нилъер рохьахъ ругел чагIи кисан рачIарал нилъеда лъикI лъала, хIукуматалъул рикьи ккараб мехалъ цо-цо церехъабаз гIуцIана къукъаби, гьелдаса хадуб бижун бачIана гьаб питна, гьебги жибго бачIинчIо бекьун бачIана. ГьабсагIаталда рохьор ругел рукъзабахъ руссинаризе, нилъги цолъичIони, гьезулгун гIаммаб мацIги батизабичIони нилъеца гьел рукъзабахъе руссинаруларо. Нилъеда цебеккун бихьараб-тараб ракьги тIаде хъвагIан бахчизабун те, нилъеда бихьана рикьиязул хIасил, жакъа нилъ цолъизе, рикьалаби гьаричIого рукIине кколин Аллагьасулгун бухьен кквезе ккола ва рикьалаби гIуцIизе бегьуларо. (Гьедин абулеб буго Аллагьас.) Рикьиял рукIине ккечIого ккани цIакъ цIодорго рукIине ккола. Нилъ гьадин ругони цIоб гьечIеб балагьалде ккезе бегьула. Лъугьун бугеб ахIвал-хIал гIодобе бичазабизе ккани, нилъер букIине ккола цолъиги гъункиги. Дида бихьана росулъ рикьиялъул хIасил, гIагарлъиялъ кверги босулареб, саламги буссинабулареб. ГъалатI кколарев чи вукIунаро, ккараб гъалатIалъе мукIурлъизеги ккола, батIаго нилъеца месед цIалел цIадирабазда гъалатIалги цIалел гьечIелъул. Дие бокьила гIаммаб цIарги, гIаммаб хьвада-чIвадиги нилъеда гьоркьоб букIине. Нилъер букIине ккола гIакълуялде буссараб бусурбабазе батулеб гIамал-хасият. Цо-цоязда вагьабиялин, цо-цоязда салафиналин, цоцазда накъшубандиялин, цо-цоязда Агьлу-сунна жамагIат абун цIарал лъун рикьалаби гьарулел руго. ГIакъидат цолъичIони нилъер динги цолъуларо ва нилъги диналъул вацал рукIунаро. Дица абулеб буго нилъ киналго цо гIаммаб цIаралда ва гIаммаб хьвада-чIвадиялда имам ШафигIил масабалда рукIаян. Гьелъулъ буго нилъер цолъи ва вацлъи. Районалъул гIалимазул данделъи ана цоцада ричIчIун, цолъун ва гъункун исламалда рикьалаби гьаричIого хIакъаб динул исламалда сверухъ исламияб вацлъиялда гъоркь. Данделъиялъул ахиралда бищана гIалимазул мажлис ахIиялъе, гьезда гьоркьоб хIалтIи гьабиялъе гIуцIиялъул комитет, гьединал данделъаби зама-заманалдаса тIоритIизе хIисабалдеги босана ва хадубккун гIалимазул хIалтIи лъикIлъизабиялде буссинабураб хIукмуги къабул гьабуна. ХIасилалъулаб кIалъай гьабулаго, районалъул бетIерас гьаб данделъиялде рачIаралъухъ гIалимазе ва гь.ц. ракI-ракIалъулаб баркала -кири загьир гьабуна, щивасул ракIалда ругел мурадал, къасдал тIуразе бокьин загьир гьабуна ва гьадинал дандчIваялги данделъабиги алхинчIого тIоритIизе жив хIадурав вугин лъазабуна. Рехсараб данделъи лъугIилелдего Москваялдаса тIад вуссун вачIарав вац ГIабдурахIмангун цадахъ жал диналъул вацалгун цадахъ рохелги пашманлъиги гIахьал гьабизе хIадурал ругилан бицана гьес. Районалъул киналго гIадамал балагьаздаса, унта-шокълъиялдаса цIунун хутIагиян, диналъул вацаз щибаб къоялъ гьабулеб гIамал Аллагьасе гIололъун гьабизе тавпикъги кьеги нилъ киназегоян дугIаги гьабун гьеб мажлисалъе ахир лъуна гIалим М. Давудулаевас. |
|
||||||||||
|