![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА XXIБицуна:
КIиго тухумалъул бидухъ би цIехей Жодор росдай кьочIой хIужжалъун ккараб ГьоцIдерил тарихалъ баян гьабула Гьезул тарихчияс рехсон батараб. Баян: ТIехьалда ханав Сулица абун кьолеб. Дир пикруялъ "гьиндав сусица" абун данде кколеб буго "Суси" - рагIи "Сули" абун хъван ун батила. Ханав Сулица чIван Денгав рехула - Би цIехон рахъула Денгал гIагарлъи. Жиндирго сивунив Сули гъанкъула ЖамагIат гъоркь лъугьун питна лъалхъула Рачун вацгIалзаби гвандинир рехун, МаслихIатуй гьоркьоб нухал цIехола Байтуманги гьабун магIиашат тола Росу сордокъоялътезе гьабула. Хъизан цадахъ бачун - рухIал цIунизе Лъабго вацас росу къолъикIан тола ГIемераб гIакъуба гIалхуда хIехьон Ахирги гьал щола ГIалискандихъе. Гьесул ракьалде тIад магIишат гьабун БакI-бакIал хисула зулмуги хIехьон Ахир-къад гьезие бихьизабула Гьанжесеб ГьоцIалъа росу бугеб бакI. Гьениб жеги буго Заркъол цIар цIунун Вацазул квераца лъураб ахалда КIудияв вацасул - Маркъал занаги Бихьизе гьабуна ахил рагIалда. |
|
||||||||||
|