![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА XXЧидар росабалъа хинкI-хIалтIи цIехон
РачIунел хъизанал хехго цIикIкIана ГIаданлъи гьабуна, гурхIел рещтIана Мискин пакъиразе ракIал рагьана. Гьезул гIемерисел апараглъуда Рекьизе ракьал кьун кулабиги ран Гьабураб гIаданлъи рекIелъги бессун Росулъго хутIана гьиндалан абун Гьединаб хIалалда сверула сонал Росу кIодолъула цIиял авалаз Гьанже халкъ цIикIкIиндал рикьалаби ккун Раккула тухумал, кьибил - рахьанал. Узденал - гьаччиса, гьиндал - сусиял Хъазахъал - лагъалан, гьоркьиял - тIасал ХIал бугев ханилан, хIалакъав - лагъан БоцIи цIикIкIаразул щвана замана. Ракьалда инсанлъи цебетIеялъул Халкъазул цохIалаб батичIониги ГIаммаб тарихаб нух гIаламалъулго Гьанибе щвечIого гьоркьоб хутIичIо. Гьиндал - сусиязул авал лъугьиндал РакI чIухIаб умматлъун хутIана бицулъ. Жодойго букIине тIадги мажгит бан ХIажат гьечIеб рикьи гIуцIун бачIана. Тухум тухумалдехъатикь хунжрул ккун ДандчIей лъугьана цIияб гIаратлъун ГIадада гIодоб би гIемераб тIуна, Росулъа къватIире ритIиги ккана. |
|
||||||||||
|