![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА XIX
Гьеб заман букIана росдал халкъалъе
ХъамалчагIазукьа хIинкъи тIагIараб Росдал бодул къадар цIикIкIун бергьараб МагIаруллъиялда жиндир чуг лъараб ГIаламго бахилаб рекIаразул бо Радал - бакъанида росдал лъарахъа Лъугьунаан къватIиб каваби рагьун Расанди гьабизе, чуял тIамизе. ЦохIо хъахIал чуял рикIкIуна бодулъ КIикъоялдаса дагь къадар биччачIел ТIолго чуязда гъоркь гьел айгъиразул БукIунаан къимат гьабулеб росулъ. Гъоблъищебала тIадги мина-рукъ базе Дагь - дагьккун тIагIана гьелъие ракьал Росдал сангар бахъун мажгит сверухъго Кьурабазда рахун рана минаби. Годеканир рарал кIамуразда тIад ГанчIидаги бикIун буго цо тарих Гьелдаса цебесеб тарих бугеб бакI Кибго цIеханиги батичIо росулъ Годекан сверана какдаса хадуб Росдал руккел дандалъун, жамагIат бачIун КъваригIараб бицун, гIакълу данги бан Нухмалъи гьабулеб хасаб бакIалде Росулъе тIоцеве щварав гоболги Саламкьун жиндирго чу-хIама бачун ВачIунаан гьенив рещтIенги цIехон Цеве ккарас гьевги вачуна рокъов. Гьобол гIемерасул гIумру берцинаб Берцинал рукIана росдал гIадатал Гьобол рихарасул къадру букIинчIо ГIемерлъун рачIана росдал лъикълъаби. |
|
||||||||||
|