![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА XVIIАслияб тIалаги къачIа - кIатIана
Бан ахиралде щун мажгит лъугIана Амма лъим бачизе, минара базе Саламатаб хIалтIи жеги дагь гьечIо БацIцIадаб меседил багьа холаро РакI бацIцIадаб нигат гьабула гьанже ХIалтIукьа хIинкъичIо - гъуждул гурана ТIубазе къеркьана гьабураб нигат Бащадабги гьабун хIалтIи хутIани Миркалъго гьабичIеб жолъун рикIкIуна Лъим жаниб гьечIеб мажгит тIубачIо Минара гьечIони - мажгитги къулгIа ГIезегIан захIматго жамагIат хIалтIун ГьечIеб санагIатги къуркьизе гьабун Анищлъун букIараб лъимги чвахана МунпагIатаб ишалъ ракIал рохана. Кибго цIеханиги гьеб бараб заман Лъазе квечIо кинго, хъвай - хъвагIай гьечIо ТIад тарих хъван лъураб гьецIо букIанин Абулебни букIун буго цебехун. |
|
||||||||||
|