![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА XVГьеб цIар лъалареб дин халкъалъ гьабула
Ун батилин ккола Заман саламат Гьоб жагьил ракьалде бусурман чияс Жиндирго баракат нилъей щвезегIан Дагъистан ракьалда ислам тIибитIун Уна гьоркьоб заман нилъехъ щвечIого Щун хадусалаги эркенаб къавму Къеркьола ругьунаб жагьиллъи цIунун. Бицуна: Къуваталъе - къуват, бугъие - бугъа Камиларо сверухъ чIаго вугесе. Гьамайи гохIилъе тIолго халкъги гъун ВагIзаби гьарула берцинги кIалъан. Къилбаялде руссун рахъун чIезарун Аллагь цохIо гьавун, гIодоб бетIер чIван МухIамадги гьесул Расул вугилан Боасан ислам дин нилъер жагьилаз. Иман - ислам малъун нилъехъе щварал Аллагьасул калам рекIелъе тIурал ТIадегIанав Аллагь жодода гурхIун Ахират рукъалда хIалхьун ратаги! Исламияб нухда жал лъугьун хадуб ТIолго росдал агьму бусурманлъидал ХIажалъана цадахъ жамагIат гьабун Аллагьасе какл разе мажгит - рукъ. Росдаде балагьун какде ахIизе Къалбаялде руссун какал гьаризе Какие чуризе жаниб лъим бачун Гьеб базе цIехана мустахIикъаб бакI |
|
||||||||||
|