![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА XIIГIанчIаб ракI къориниб цIукIкIун хутIани
ТIубаларо мурад, хIорлъула анищ Харабаз бицунеб жодор гьунараз Толаро гIолила ракъли хIалтIуда Бицуна: Бокьула гьезие рикIкIадаб ЦIора Давлаялда хадур къватIир рахъине ЦIикIкIараб давла щун нахъе руссине Росдал бодулъ лъугьун тIокIоб цIар щвезе. Гьениреги хьвадун хъамула боцIи БоцIи щвечIонани рикъула лъимал Давлагун руссинел ругилан лъазе Мулла магIарда кьвагьула хъирим. Нагагь гIолохъаби давла гьечIого Нахъруссун хадуса - чIагого рукъе Гьелдаса гьечIо рогьо мугIрул ракьалда. Рикъарал лъимазул эбел - инсуца Ратун хадусала нилъер росабалъ КIудияб давла кьун санагIат бугез Рачун унаан гьел хадурги рачIун. СанагIат гьечIого цIар босаразул "Хъазахъ" вугин абун хIакъир гьавула Хун хадусалаги росдал хабалалъ БукIинчIо ракь гьесий - рехула кIкIалахъ. Давлаялда хьвадун цIар босаразул Цевехъан вукIана багьадур Камалъ ХIерччинив кутакав вукIанин гьеван Бицуна халкъалъ гьеб жеги росулъги. Черхалда ярагъ бан айгъир кьолойдал Бодул цевехъанас сапар бухьиндал ГIолохъабаз нухда кваназе абун Цадахъ босулаан квен - тIехген мохмох. Сардилъ хIухьбахъизе нухда рещтIиндал Буртаби гъоркь тIамун, горулъ гIодор чIун Квен - тIех дандеги бан кваналеб мехалъ ГIолохъабаз Камалъ ахIула кванде. ЧIужуялъ буцараб ханждал къалидул Квен кванан букIанин анкьалъе гIезе Хивал гьечIониги бисмила гьабун ТIадаб бугилан абун тIубала тепси. Бицуна: Гугаризе росулъ гуржияв вачIун АхIи бан Камалъе ахIула рокъов Капурчиясе дир, квер бакIлъилаян ЖахIаго тейилан гьарула гьезда. ГIолохъаби кинго тIаса ричIинчIо Бергьенлъи росулъа босун анани Росдалго ничги бугин харабаз ТIадчIун гьари байдал вахъуна цеве. Гуржияв кутакав вукIан рагIула Цевехъанги чорхолъ къурав вукIинчIо Камалъас бараб хъат дандиясе щун Щапун арав тIокIав вахъинчIо тIаде. Бицуна: Ункъо къаданив чIун чи тIубаларо ТIаде къо ккаралъув гIхьаллъичIого Дагъистан халкъаде, дур ВатIаналде Щванин гьединаб къо - вахъа къватIиве. ХIалчацагин цIаялъ биял гIодор тIун Дагъистан ракьалде къажарал щванин Кьолой, магIарулал, кьалулал чуял Борче чармил ярагъ, тIадмагIарулал. ГIандалазул ахIи бачIана ТIиндиб Вахъана Камалъа бо хадуб биччан Намус бацIцIад тIубан, щвараб къо борхун КIвараб кумек гьабун вуссана нахъе. Гьалмагъзаби цолъи - хазина мегIер МагIирукъ бахъана шагьасул къавуд Щуго килищ дандкъан къвакIараб заралъ Зурун гIодоб лъуна къажаразул бо. |
|
||||||||||
|