![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА XБечедав чиясул черхь гIорцIаниги
Бер гIорцIуларилан бугелъул бицен Жодор бечелъиялъ цагъраби цIедал Дагьабги бугебан хьулал раккула Огь, магIаруласул пагьмудул къокълъи Дуе бокьулареб чидай гьабуге Доб гъарачилъиги, ккарал рагъалги Хехго кIочон тана тIиндадерида Гьединал хьулалгун росуцояца Сверухъ ругел ракьал ва гьезул агьлу Дагь - дагьккун гьарула жодое мутIигI Магъало тIад лъола, гьарула къварид Бицуна: Щугъруханхъайилан букIараб росу Хундерил боялгун цадахъги рекъон БачIараб давлаги гьоркьобе бикьун Хъамал гьабун лъезе хIукму гьабула Щугъруханъа росу сверун бергъараб ТIасан сордо - къоялъ рекIун чодагун Хъаравул хьвадулеб къед букIун буго Лъидаго бахъизе кIун букIун гьечIо. Росулъе бачIулеб къуват бихьиндал Меседил мохрода тIохда вукIарав Щугърухъан гъажалда хазинаги лъун ЖанахIалъув арав тIокIав вихьичIо. КIиго росдал къуват дандбан хадуса Цебе батараб жо иххалъкиниги Гъурун - ччункIун лъола Щугърухпнхъ росу Байбихьула гьанже давла бикьизе. Хундерил бодуца тIиндадерида Росдада тIад цадахъ кверщел гьабидал Давла яги мугIрул - цояб бищеян Лъола цебе суал рази рукIине Ккараб иш бицана, гIакълу данд базе Бодул цевехъанас ТIинди росулъе ВитIула цо чапар росдада цIехон Инеб бищун лъикIалан цIехон вачIаян Росулъе щваравго руккел бакIарун Рагъул ахиралъул хIасил бицула Цояца мугIрулан, цояца давлан РагIи кинго данде кколеб букIинчIо. Чапарасул гьанже чара тIагIула Гтагтида жанив лъун кьурдаса гъоркье РехичIого балъго хадув цIунарав Херав инсухъе ун гIакълу цIехола Гьединги бихьулищ халкъалъул аби: ГIакълу цIехон аскIов ине хараби РатичIони росулъ кIудаб гачIида Гьикъейлан абун нилъей хутIараб Метер - гIалах кибго ине рес гьечIин ТIаса давла бищун нахъ хехго русса ГIумру бихъарасул гIакъму гъваридаб Буссана росулъе давла бищун бо ГIемер заман инчIо хундерил гIухьби ГIи - боцIи хьихьизе Щугъруханахъ рачIун Цоязул бер бахъун бецлъизаруна Цогидал мацI къотун нахъа риччана. МегIер рехун тана - гьеб кибго инчIо ТIиндадерил ракьал гIатIилъун ана КIудие гьабураб гьегь нахъ хутIана Хараби амру щун хвезагIан тана |
|
||||||||||
|