![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА IXГъарачилъи тола - гьоболъи ккола
Росулъе щолезул къадар цIикIкIала Бича хиси гьезий рекIее гIола ХинкIил тIагIам бергьун - гьудуллъи ккола Хурзал чIахIалулъа - хIалухъин тIокIлъун ГьечIелъухъ гьеб хиси гIадатлъун ккола ЦIамгун пихъ хисула инххелдерица Чохгун гьан хисула дагъбашисезги. ГIемерал росаби чед -тIехалдалъун Хьезарулеб бакIлъун ТIинди лъугьула Бича - хиси гьечIеб гьардохъабазги Росдал къватIал мерхьи гIадатлъун ккола. Цебесеб гIумрудул ахIва - хIал лъалез Гьоболлъухъе щведал гьикъа - бакъиндал Жодода рагIараб бицула нилъей Нилъер умумузул гIаданлъиялъул Бицана: Гьедин Дагъбашиве гьоболлъухъ щведал Нусида вахарав херав кIудица Киса - щивилан абун цIехан хадуса РекIелъ бугеб пикру загьир гьабуна ТIиндадерил мегъалъ хьихьанин Дагъбаш Гъоркъ магъилъ бижараб ролъул хинкIалъул ТIагIам жинда лъалин батIа - бахъизе Цогидалъ хисизе гьеб жеги кIвечIин. |
|
||||||||||
|