![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА VIIIТушбабазул хьулал росу бахъизе
Гьоркьоб къотIулареб заман бачIана Росдал щулалъидул гучаб бакI цIехон, Жасусал хьвадизе лъугьана сверухъ. Бицуна: Гьедин лъебелазул цо жасусасда Гьоболилан вачIун вакка -вахъиндал Лъим росулъ гьечIеблъи мухIканго лъала Мугь берцин гьабула балъголъи босун ЖамагIаталъ хехго руккел бакIарун Ккараб иш гьоркьоб лъун хIукму гьабула Росулъ лъим гьечIого бегьиларилан Гьелъие тШад ургъун тадбир гьабула ГохIилъан бакъбаккун рахъалде бугеб Лъарахъе щвезегIан болъаби гьарун КъватIисев чиясда гьеб лъаи гутIизе ТIокъоге бачула, тIад гIери чIвала. Жасусас нух босун заман иналде Лъебелазул къавму щвана росулъ Амма Гъоблъищебала хIадур, батана АхIичIел гьалбазе, тIад жужахI хIадурун. Росу сверун ккуна, чадирал чIвана Къечалъул кутакалъ росу бахъизе Швезесеб давладул хиялал гьарун Макьуги щвечIого ралагьун чIола Радал - бакъанида росдал ГIолилал Ахъула гьацIилъе чуялги рачун РакI бахилаб куцалъ айгбидал чурун Тушбабазул ракIал гIеккезабула. Росу къечалдадъун кверде босизе БукIараб анищги хIорго хутIула Кьаналеб тIохое ахирги щола Нух хехго босани лъикIилан уна Ханчаба хадуре гьезий нух кквезе Нохъодул кIалтIа тIад бугеб парсалде ЧIорьутIал - хвалчаби черхалдаги бан ГIедегIула хехго гьанже гIолилал АскIорегIан гьел гьезий нух кквезе ЧIаразул кутакалъ лъола гIодоре Къориниса гьазул цохIо ворчIана СокIкIун нохъода лъуна гьезул жаназал Гьеб рагъги батана ахираб рагълъун Росдал цIарги ана бахIарчиблъун "Лъебелазул нохъо" жиндие цIар щун Гьанжеги ХанчачIи нохъоги буго. |
|
||||||||||
|