![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА VIIМохмох бихьун хадуб царай бокьула
Гьелъул хIал бихьизе гъара гьабизе ГъарачагIи сверухъ дагьал рукIинчIо Гьездаса цIунизе ургъула цадахъ ТIабигIаталъ кьураб щулалъиялде ТIаде къадал рала къвакIараб ганчIил Жанире рачIине кавабиги тун Гьел цIунун рогъана сахал гIолилал Тушманасул боял нилъер ракьалде Раккун хадусала хъаравулзабаз ЧIегIераб кIкIуй гьабун цебесе -цебе Лъазе гьабулаан балагьаб хабар. Гъоблъищебала гьелъул ахIи щварабго Рахъулаан къватIир росдал бахIарзал Нагагь тушманасул къуват бергъани Гьабулаан хIукму росу цIунизе. Цебеккун гьелъие тадбирал гьарун, ХIадур букIунуан кидаго росу Кваналеб - гьекъолеб, рагъул сурсатал хIебтIизегIан жодой гIолеб хIалалда. ХIебтIиялъе кинги нухал гьечIони Рагъулаан гьел бугеб къуватгун Эркенлъи хирияв узденчиясул Кверзул къвакIи лъала гъарачагIазда. БакътIерхьул рахъалъан гьужум гьабуни Рехулаан тIаде мухрулгун чIалу Хадур гьарчал риччан гъурун гIурухъе Рачулаан ххего ахIичIел гьалбал. Бакъбаккул рахъалъан кIанцIи гIуцIани ЧIорьутIазул цIадалъ лал тIамулаан ЧIаго хутIаразул гьгал бутIрузда Чарамул хвалъазул лъола бегIерлъи. Рокъи - къечалдалъун кверщел гьабизе Росу сверухъ тушман рещтIун хадуса Тушманасе киндай къор гъелебилан Хараби ургъула данде ракIарун Лъималъул къварилъи жодой гьечIилан НахъегIанав тушман гуккизе гIоло Росдаца бакIарун рогьалил гIужалъ Кьурдаса гIодобе чвахулаан кIущ. Гьоркьоб - гьоркьоб тушман тохлъараб гIужалъ КъватIиреги кIанцIун багьадураца Жодор рухIалдаги барахщичIого Бркьараб рагъ лъола эркенлъуй гIоло. Кинго росдад тIад кверщел гьабизе Жодода кIвегIелгул, тIагIаяв тушман Гьаб нилъер цобзазда борлъизе кIолеб ЦIулакьо гурилан унаан нахъе. |
|
||||||||||
|