![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА VIБайбихьула гьанже росу сверухъ бакI Къуват цIикIкIараца дагь - дагьккун кквезе Жалго батIаго гIун кулаби разе РукIа - рахъин жодор бечед гьабизе. Лъимгин - бакъ цIикIкIараб хьиндаллъиялда ЦIолбал гъабу лъуна - гьай, чогърал лазат! Анлъго вас, анкьго яс гьаегин абун Лълъарахъанас цIола бахIарасул иълъар. Пихъил ахакь тIегь кун тIинчIаб найица ЦIуна гьацIул тIулби - огь, гьелъул цIакълъи! ГьацIулаб батаги нужар гIумруян БахIаралъул кIалдиб лъола якьадалъ. Ракул цIурал хурзал гьаб гъоркь - тIад магъилъ Рекьана узденаз бугъа-оцал ран Дагъистан ракьалда кибниги гьечIеб ТIиндадерил ролъ бачIана бижун. Балагье берцинлъи бачIараб гьалил Жибго маргъал гIадаб, жиндица цIар араб Оцазул, дугIнузул цIеда гьан тIамун Чурпадулъе базе нигIмат кIваричIо. ВачIарав гьоболас хIикмалъи гьабун КочIолъ жиб рехсараб тIепело гьала Бокьани чурпадулъ, бокьани гIатIго Кваназе бегьила гьаб ракьул нигIмат. Цо -цоккун хIалухъен хьан хадусала Гьава - бакъ рекъейдал, беэнлъи щвейдал БатичIо гьаб ракьалъ узденчиясул Нахърател цагъриниб жинца цIуничIеб. |
|
||||||||||
|