![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА VЗахIмат бихьичIого рахIат щоларин ГIодобе тIуна гIетI, гурун гъужделгун Ана гьоркьоб заман, сверана сонал ГIалхулаб жаниблъи квегъана хехго. Ах - хурзал цIикIкIана, ящав лъикIлъана Бертабалъ гIолила "гьарсан" кьурдана БоцIи - панз гIемерлъун, мугIрул роцана ЦIияб гIел бачIана росулъ хехго гIун. ГIолохъанаб заман - гIанчIаб бартичу ЗахIматгун - ихтилат цалъула цоцалъ Ишанккун гIорбутIал речIчIула гIужде Кьолокь басандула квегъичIеб айгъир. Росу рагIаллъуде, гIурдаде рахъун ТIоритIула къецал цоцалъ гугарун ГIодоса кIанцIула, рехула ганчIал ГIуцIула рекери - лъадарула черх. Радал - бакъанида чуял тIамула Чу лъикIав, чи лъикIав гьаниб тIалъула Хунжрул хвалчабигун гьал гIолохъабаз Гьарула хIалбихьи кверзул къвакIидул. МагIарухъ бихъинги рагъухъан ккола Вас гьавидал росулъ кьвагьула хъирим Росдал бахIарзазул кьерал цIикIкIананин ТалихI бугев эмен, хIадуре ярагъ. Вас балугълъаравго чIухIав инсуца, Васасда бухъула рачелгун ханжар Вас гIолохъабазул кьерде лъугьиндал Кьолола нодохъахI гьуригIан хехаб. |
|
||||||||||
|