![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА IVГьабураб лъимадуй цIар кьолеб мехалъ
Хваразул цIар кьолеб гIадат бугелъул Росу цоги бакIалъ босун хадуса Цебесеб цIар цIунун хутIула гIемер. Биценал, биценал гьечIеб гьечIеб мухIканлъи МухIканлъиялъеги гьечIел баянал ХIакъикъат рагьизе бугеб хIасратги ГъалатI биччани щвелеб рогьоги. Цояца абула нохъода тIил чIван БачIун батилилан ТIиндибан цIаран Рорхатал мугIрузул тIино букIиналъ БачIараб бугилан цогидал чIола. Гьедин гьеб батани эргъендерил мегъ ГьоцIдерил росдае кьучI лъураб гIадин ТIиндиса гочизе ккарал васазул Яшавалъе чIараб бакIлъун кколадай? ТIинди росу сверухъ ругел росабалъ Гьединго жодода росуцоязги "ТIинди", "тIиндисан" абун течIого "Иди", "Идаралин" абун рехсола. Кинабго гьеб баян хал гьабун хадуб БитIарабин тола "ТIинди" абун цIар МугIрузул тIиналда бакI гьабги букIун Лъун батилин гьелда цIар халкъалъ абун "Иди", "идарал" - ан халкъалъ рехсейги ТIинди рагIи къокъго абилъун ккола Яги цебего тIолго халкъалъе Хъвай - хъвагIай гьабулеб бакIлъун букIана Жодорго мурадал тIадазе бокьун Гьеб идараялде щвезе унелъул "Иди" унел ругин халкъалъ абидал ТIибитIун батила Иди цIар росдай |
|
||||||||||
|