![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ГЛАВА IIIНохъода тIил чIвала, хараби щола Киналго разилъун хIукму гьабула ТIпдегIанас кьураб баркамайилан Росдае бакIилан, тIаса бищула Ункъабго рахъалде хал - щал гьабизе ГохIил щулалъуда ганчIил си бала ГIолабго сверухълъи, матIудалъ гIадин Гьаниса бихьула хъаравуласда "Гъоблъищебала" абун гьелда цIар тола Росу - халкъ цIунизе тадбир гьабула АхIичIого щварал давлачагIазул Мурадал хIорлъизе хъаравул тола Кьурдаги рекIуна халкъияб газа Гузби - раххнал хIалтIун бикIана кьуру Бал бегIерал гIаштал хIалтIизе риччан Раччун гIодор лъуна накIкIичIалаби. Росдал кьучI лъуна, сонзал рорхана РакI бахилаб росу бижун бачIана Гьанже байбихьула росу сверухъ бакI МухIканго балагьун яшав гьабизе. ТIолабго бакълъулаб мугIрул лабаллъи Батула хIалухъин хьазе бегьулеб Къваридаб гIурумухъ квегъун хадуса Батула пихъил ах лъезе бижараб. Доб хьонлъул рахъалда, рохьтун тIадгин-гъоркь Мучари - тIугьдузул, гIаридул мугIрул Чуязул илхъи ккве, оцазул рехьет ГIиял рехъаби ккве - дозул гIатIилъи. Жиб-жиб кIкIалахъ ругел рохьдалал лъдал ГIорцIизегIан гьекъе - дозул рацIацIалъи Росдада гъоркь бугеб магIданаб регьа Чорхол унтабазе тIокIаб дару щай! ЦIамхIалаб лъим гьале гIурул рагIалда ХIалтIизабе кванилъ - хинкIазул цIакълъи Рохьазул гванзлъи щиб - гьезул залимлъи Лъе гьанситолъуб цIул - рукъалъе хинлъи! Сверухълъиялдего кьурул парсалги Ккве бисазул бакIал дугIнузги цIцIаназ Бакъул хинлъи бугел тIугьдузул мугIрул Ккве найил тIубиги - гьацIул гьуинлъи! ХIалухъин ххенезе, лъел гьобо базе ГIурул гьахи цIакъаб сверелги гьаниб Жиндие къадар щун шагьидлъарасе Ахират рукъалъе майданги гьаниб. |
|
||||||||||
|