![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Нилъго рижараб бакI- сверун алжан, бакьулъ хIеж.Рорхатал мугIруца жаниб бачараб
Гьава-бакъ рекъараб, Идараб шагьар Жакъа дур жамагIат данделъун буго Дур тарих хIурматго кIодо гьабизе. ВатIан хириясул хвел букIунаро - ИнчIо къо чучараб духъ ккараб рокьул ВатIан гьечIев инсан чед гьечIеб таргьа - ГьечIо мун кидаго рекIелъе кIочон. Дир мугIрузул улка - Дагъистаналда Мун гIадаб ракь гьечIо бижун Бичас Дур мугIрул тIогьисан баккун бачIула Гьенисанго тIерхьун багIар бакъ. ТIабигIат берцинаб тIадмагIарул ракь Берцинаб буго дур халкъалъул гIамал Эркенлъи хиридаб, гIухIаб мугIрул бис, ЧIухIула дудаса, хиридаб росу. Гьобол - гьудулзаби дуе рокьула РекIел сабру бергьун, хехдани нахъчIван ГIадамазда гьоркьоб къадруги цIунун Хьвадизе берцинлъи кьун буго дуе. Дур тарихалъ тана гIадатаби нахъа Амма мун жегиги буго бахIарго Замана банагIан борхун бачIана КъуличIо дур бетIер Бичасе гуреб. РикIкIадаб сапаралъ къватIиса вуссун ТIоцебе дуда бер кIутIулеб сверда Салам дуе кьола ракI-ракIалъ урхъун Урхъи буссунарев дур багьадурас. Найил тIулби гIадал дур авалазда Йокьулей ясалда берчIвайдал гIадин ДандчIвазе дир бугеб чорхол хIасраталъ ТIеркIезе лъугьуна гьинал ракI боххун. НакIкIул парчабахъе, доре рикIкIаде ГIалабахъа тIаде, гIалаби лъугьун Роржунел кIкIуйдузул хIикматаб махIалъ Мехтизе гьабула гьекъечIеб бетIер. Салам кьун, вахъун чIун росдал хабалалъ Эхетула чорхалъ гъар-гъар балаго Хиридал умумул - росдал бахIарзал ГурхIаги бетIергьан, кьеги алжанрукъ! Дарманалъе щварав тохтаца киниги Дур хIухьел цIаялъухъ гIенеккула дун Къолол-зурмил гьаракь - росулъ ихтилат, Росулъ гIодариччай - кверкьей тIохазде. ГодекIабахъе щун, хараби ратун Гьикъа - бакъи гьабун, хIал - хIукму цIехон Жувала лъел къатIра гIурулъе гIадин ВатIалъун ккарав дун, дур гIумрудулъе. Харабаз бицула ара - таралъул КIочонаро гьезда жодор умумул Кьола, гIолилазе наслудалъего Росдай кьучI лъуразул рагIараб хабар Бицуна: Доб некIсияб гIумру - хIикматаб къиса Умумузул къисмат - нилъер бечелъи Буго бицулъ хутIун росдай кьучI лъураб Тарихалъул баян хадуб хутIараб Щиб гIасру лъаларо, щив чи лъаларо Гьаб гундузул ватIан тIасаги бищун Росдае кьучI лъураб, кьурдаги вахун Кьарарав, лебалав мугIрул гIолилас Бисазул жанибллъун - мугIрузул тIинда Нилъер умумуца Гъоблъищебала ТIоцебе ганчIида гамачI лъун хадуб Бижун бачIарабила ТIиндибе росу. Гьединан иш ккезе цебеялдего ТIиндадерил хутIун буго магIарухъ Халкъалда бакI - бакIалъ рехсон батулеб МухIканлъи гьабизе санагIат гьечIеб. Аргъвани росдада гIагарлъухъ бугеб ГIалахалда хутIун буго нилъер цIар Кинго росдал тарих лъазабулаго Нахъгъезе кIвечIого гьоркьоб хутIараб ТIиндадерил мегъан эргъвендерица Наслуялъ наслабахъ рехсон батараб Бекьулеб ракьалъул, рукъ - минаялъул Сипатал хвечIого жеги бихьулеб. Гьезул биценалда ТIиндибе росу Гьенисан гочине ккун букIун буго Ракьалъ кьайир цIарак цIикIкIиндал БетIербахъиялъе гIунгутIиялъан |
|
||||||||||
|