Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Назад

Щибаб какда цебе-нахъе дица гьабулеб дугIа

АлхIамдулиллагьи раббил гIаламина аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидинна МухIаммадин ва саллим.

Я тIадегIанав БетIергьан Аллагь Дуца ниж тIаде рачIулел мунагьаздасаги балагьаздасаги цIуне. Дунял кIочараб ахират кье Аллагь. Квещаб тезеги лъикIаб гьабизеги тавпикъ кье Аллагь. ХIалалаб ризкъи цIикIкIизе гьабе хIарамаб ризкъи рикIкIад гьабе Аллагь. КигIан гIасиял, кигIан фасикъал Дур лагъзал ниж ругониги Мун нижедаса тIаса лъугьа Аллагь, ниж битIараб нухде ккезаре Аллагь, нижер мунагьал чуре Аллагь, рухI иманалда бахъе Аллагь, Мункар - Накирасе жаваб кьолезда гъорлъе лъугьине гьаре Аллагь. ШайтIанги илбисги рикIкIад гьаре Аллагь рухI бахъулелъул, гьез лъим кьолел чагIазда гьоркьоре ккезаруге Аллагь ниж. Лаилагьа иллаллагь абулеб ракIги, кIалги, мацIги букIун бахъе Аллагь ахирияб нижер хIухьел. Эбел-инсулги, вац-яцалазулги, кIиябго рахъалдаса хварал гIагарал божаразулги, дугIаялда хьул лъуразулги, нижеда тIад мунагьгун хваразулги мунагьал чуре Аллагь, гьел алжаналъул агьлолъун гьаре Аллагь, гьел нижееги Дудасан шафагIат гьарулезде гъорлъе лъугьине гьаре Аллагь. Бараб какги, цIаларал къуръаналъул аяталги, бачараб зикруги, битIараб салатги, ккураб кIалги, гьабураб лъикIаб гIамалги Дуца гIадада тоге Аллагь, къабул гьабе Аллагь, азар-азаргоялде бахине гьабе Аллагь. Капурчиясул зулмуяб квералдасаги мацIалдасаги цIуне Аллагь ниж. Алжан хIалал гьабе жужахI хIарам гьабе Аллагь нижее. Дур шафагIаталдаса рикIкIад гьаруге, Дуца шафагIат кьолезде гъорлъе раче Аллагь. Нижер хъизамал мун разияб хIалалда хьвадулеллъун гьаре Аллагь. РекIекъав вуго Аллагь гьарурал мунагьаздаса астагъфируллагь, астагъфируллагь, астагъфируллагь Аллагь Мун тIаса лъугьа, жужахIалъул цIаялдаса цIуне БетIергьан. Дир гIисиналги кIудиялги мунагьал рахче я Халикъ астагъфируллагь, астагъфируллагь, астагъфируллагь Аллагь. Ахираталъул рукъ лъикIаб кье я Бечед астагъфируллагь, астагъфируллагь, астагъфируллагь Аллагь. Мун дида гурхIа я РахIим астагъфируллагь, астагъфируллагь, астагъфируллагь Аллагь. Гьаб дунялда Мун разияб куцалъ хьвадизетавпикъ кье я Гъафур, ахираталда Мун вихьулезда гъорлъе ваче я Малик. ГIарабиязул улкабаздаги тIолго дунялалдаги ругел бусурбабазде тIасан гIаси-гIасиял балагьал нахъе росе я ГIазиз. Иманги, исламги, динги дагъистаналдаги дунялалдаги тIибитIизабизе Дуца квер бакъе я Къагьгьар. Раббана атина фи ддуня хIасанатан ва фил ахирати хIасанатан вакъина гIазабаннар ва адхилнал жжанната магIал абрар я ГIазизу, я Гъаффару, я Аллагь.

Аллагьумма инни асалука мин хайри ма саалака мингьу Набиййюка МухIаммадун (с.гI.в.) ваа гIузубика мин шарри мастагIазака мингьу Набиййюка МухIаммадун (с.гI.в.) ва антал мустагIану ва гIалайкал балагъу вала хIавлавала къуввата илла биллагьи. АлхIамдулиллагьи раббил гIаламина аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидинна МухIаммадин ва саллим. Аль фатихIа АлхIам цIалила. Амин, амин, амин бирахIматика я архIама ррахIимина. СубхIана раббика раббил гIиззати гIамма юшрикун ва саламун гIалал мурсалина вал хIамдулиллагьи раббил гIаламина.

Назад


© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.