![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Дир умумулБисмиллагьи ррахIмани ррахIимиАллагь рехсон гIодарал, гIелму цIехон хьвадарал,
Аварагасул суннат ясбергIадин цIунарал. Квана-гьекъей дагь гьабун, чохьое рахIат течIел. Тарбия кьун черх куцан, чаран маххгIан къвакIарал, Къо тIаде ккараб гIужалъ, гIалах мегIер тирарал Тушманзабазе хIелун, хIалихьалъи биччачIел, Бечелъи тIалаб гьабун, Аллагьасда гьардечIел. Гьаваялда хадур ун, хиянатлъи гьабичIел. Ракьул халватазухъ чIун, чIаго сардал рогьарал. Мискинал бечедалин, чагIи батIа гьаричIел, Гьал руго дир умумул, Аллагьасулги лагъзал Нужода лъан рукIине, рехсезин гьазул цIарал: ГIалидибир дир кIудав, кIвандадерилги дибир, Дуцаги жундуцаги: чанги сардал рогьарал. ПирмухIамадхIажияв, хIежалде ун вуссарав Жиндир муридзабазе, мисаллъун жив хьвадарав. Хабал гIазаб рагIулев, варагI бацIцIадго ккурав Дин гьабун жив гIорцIичIев, ГIалидибирил ГIали. СайидхIусен Хъущтади, Дагъистаналъе мисал. Имам Нажмудиние жинца тарбия кьурав. Гьаракь берцинаб булбул, устар ХIусенил АхIмад Рузманалъ хутIбаялъе, жинда чи бащалъичIев. Большевиказул чукъбуз туснахъалъувги тIамун Бакъул унтиялъ унтун, хварав ИманмухIаммад. ХIайваназул унтуе, дару гьабун хIалтIарав, ХIалхьиго жинда лъачIев тохтур МухIаммадзагьид. Къуръан цIалун хIалхьичIей, хIалтIуе хилиплъичIей Хехгого унтиги щун, хварай эбел Рукъийят. Дунги нужер ирсилав, иман-ислам бокьулев, Балагь тIаде бачIиндал нужер рагьда гьардухъан. Аллагьас алжанги кьун, гIорцIизе гьареги нуж, ЖужахIалдаса рикIкIад рагIдукь рещтIинареги. Нижей шапагIат гьарун, Аллагьасде хIелизе, ХIалкIолеллъун ратаги доб махIшаралъул къоялъ. Къиямасеб къоялъул, къварилъи бигьа гьабун, Хирияв Расуласда, аскIор чIезе гьареги. Амин Аллагь я Аллагь, амин Аллагь я Аллагь! Амин Аллагь я Аллагь, къабул гьабе БетIергьан. |
|
||||||||||
|