![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Мавлид бачунесде(Дагъистаналъул жамагIаталъе сайгъат гьабула)Бисмиллагьи ррахIмани ррахIими
Дур ризкъиги хвараб хайирги гьечIеб,
Хварал унтаразе пайдаги гьечIеб, "Бертин" гьабичIого дир диналъул вац, Цо ХIабиб (с.гI.в.) рехсезе хIалкъа данд гьабе: Гьарзаго рикьулел гъурщазул гуреб, РекIелъ иман гьечIел гьенир рачунге Чидар квен-тIехалде хиял лъуралги Лъай дуда аскIоре къазе риччаге. Бичасул ХIабибги (с.гI.в) гьесул гIумруги, ГIодун рехсолезул рукъ цIезе гьабе. Гьунар "кечI" ахIизе бугел гIадамал, ГIайиб чIвананиги чIвай дуца нахъе. Намусги бичарал, ничги тIагIарал, ТIокIаб жудой щолеб мухьалъул гуреб, Гар-гар гьабуларел дора рикIкIад те. Течони гьеб "берталъ" дунги ахIуге. |
|
||||||||||
|