![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Шагьидзабазул ахIиБиссмиллагьи ррахIмани ррахIимиНиж лъебералда ичIилъ, рухIарал роол моцIаз,
МагIаруллъиги цIунун, цIадар кIанцIун рухIарал. Ракъун къечон рагъарал, ругъназухъ балагьичIел, БахIарчиял руччаби, ярагъ борчун рагъарал. РакI хъубав тушманасе асир гьаризе чIечIел. ЧIегIер ГIанди гIурулъе, кIанцIун гъанкъун тIагIарал. ТIолго АхIул гохIалда гамчIаздагин ракьалда. Рукьбузгин нижер биялъ, бацун буго гьаб тIалъи. ТIадегIанав Аллагьас гьунар кьурал бахIарзал. Кьижун теян гьарула, гьанжегIаги нужода. Нижер адабги гьабун, гьанир рачIун ратани Ралагье рикIкIадасан ракI пашманго нижеде. Нужер гьунар батани, Ясин цIале цIакъ лъикIаб, Лъаларес къулгьу гьабе, Аллагь гIемерав рехсей. РекIелъ Аварагги ккун, кколеб салават битIе. БатIаго дугIа гьабун, гьебги нижеде битIе. Малаца ниж мерхьунги, мацIалъ гъибат гьабуге Гьудуллъи щула гьабун, гьоркьоблъи гьуин гьабе. Гьаб магIарул ракьалъе, гьелъул мискин халкъалъе, Лъай бугев, гIакълу бугев, гIаданлъи чорхолъ бугев, Чидар гъин кваналарев, кванаравги толарев, Имам Шамил гIадинав, инсан бетIерлъунги те. Толарезде рагъизе, ниж гIадин тIаде рахъа. Хъуди зигардиги тун, хIалаллъи тIалаб гьабун ТIадчIун захIматги бачун, магIишат щула гьабе. Гьаб Дагъистаналъул ракь, цIакъ бечедаб ракьин гьаб Гьалъий хъулухъги гьабун, парахат гIумру гьабе. |
|
||||||||||
|