![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Хелекьуриса ГIабдулагьил МухIаммадиде(Хелекьури росдал жамагIаталъе сайгъат гьабула)Биссмиллагьи ррахIмани ррахIими Дуца хъуштадерил хаважагьазе, Хасаб дурго рекIелъ бакIаби лъуна Лъидаго кIолареб кIалзул пасихIлъи, Пулеб гьури гIадин гьезде гьурщана. Гьезул гьунаразул меседил хатIалъ, Холел чIаголъулел назмаби хъвана. ХъахIил зобалазда шагьри моцIалда, Релълъине гьаруна дур рагIабаца. РекIел тIиналдаса тIадеги бахъун, Жавгьар якъуталъулъ тIерхьинаруна. ТIокIараб дур рокьул гьездехун асар, Дурго асаразулъ загьир гьабуна. Мун гьезул налъулав, гьезул ирсилав, ВукIаравлъи лъазе гьабуна дуца. Дол бакъде, цIвабзазде тIад рахинарун, Рагьана халкъалъе гьезул машгьурлъи. Мун гурев цогидас гьезул сипатал, РагьичIо лъицаго гьаб гIаламалъе. ГIелму, кашфу, карамат гьезул букIин, Бицана Дагъистаналъул халкъалъе . Хведал дуда аскIор рачIун ратила, Рагьараб рекIеда тIад кверал лъезе. Лъиего гьимулев ПирмухIаммадгун, Данде чIван ватила мун зобалазда. Загьир-батIин лъалев ХIусен устарас, Салам кьун батила лъикI щваравилан. Шагьидлъун жив хварав ГIабдуллагьдибир Дургун хабаралъе хехлъун ватила. Воре дир аманат диналъул хIуби, Дийги бакI хIадуре нужеда аскIоб. Аллагь разилъулеб агьлуялда гъорлъ, Рехсезе ратаги нилъерги цIарал. Авараг вохараб халкъалда гьоркьор, Рахъине гьареги ахираталда. АсхIабзабаздагин салихIиназда, АскIор чIезареги доб махIшаралда. 2004 с. |
|
||||||||||
|