![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МагIарулалде
(МЛИИалъул гIелмияй хIалтIухъан МухIаммадова ПатIиматиде)
НуцIидаги кIутIун, жанив лъугьиндал, Лъабго чIужугIадан гIодор чIун руго Шагьаралъул ретIел ретIарай кIиго, КIутIбиги релъарал, релъен бахарал. БатIияб бугоан цоялъул ретIел, БотIрол рас бахчараб берцинаб шал-кIаз, КIутIби релъун гьечIо, релъенги гьечIо. Гьайбатаб магIарул берцинлъи буго. Бицунеб мацIалъул цIакълъи, гIакъиллъи ГIадамазда гьоркьоб гьелъул хIеренлъи, ПатIимат щийилан дица гьикъидал Дун йигин кIалъана дой магIарулай, Мурад дир бициндал, дий жавабги кьун, Кьурун тIадги яхъун нухда регIана Дий нуцIа рагьана, рагьтIе ячIана ЧIухIдари, гогьдари, гIамал кIодолъи ГьечIо гIадатияй магIарулалъул. Мун Халитилазул Гъоркьгьакварисел ГIадан йикIин дида лъазе кколаан. Кин бугонаниги жакъа дий дуца Цо байрмалъул къо сайгъат гьабуна. |
|
||||||||||
|