![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Рагъул ахир
МугIрул. Дагъистанги доб чачан ракьги
Къоло шуго соналъ цIунарав Шамил Шушахъ бихун богун бикъун давлагун БахIарчиял наибзабиги рилун РекIелъ къвакIи бугел къаникьги рукъун РакI пашманго вуго шобдеги вахун Мюридзабазулги нусго гIечIев чи Лъабнусго гIечIев чи гъунисезулги Яргъид лъикI гIyцIapaб гIypyc аскаргун Вагъизе къачIалев къвекIаб мугIрул цIум Къоазар капурчи1 сверухъги лъугьун Ярагъ гIодоб лъеян гьардолев сардар АНКЬГО бутIаялда бикьараб тIалъи ТIолго гьеб цIунулев нусго бахIарчи Бищун захIматаб бакI жиндийги бищун КIикъого мюридгун хирияв имам КIиго анкь бахъана капурзабазул Кверде рачIайилан гьазде гьардолел Гьаз жаваб кьечIелъул хIила ургъана Ругьжасес нух малъун къаси бецIлъухье Рахана гIурусал гъуниб магIарде Радакь как балелде бахъана гьаракъ Гьал мугIрул гьаргьалел тIалъи соролеб Балеб гIарадагун гIypyc ураялъ ГIинкълъизе гьарула гьардарав Аллагь Асирлъун инчIого магIарул ясал ГIасияб кьурулъан руго кIанцIулел Керен хахарабго лъимер рехула Хадур жал кIанцIула цIумал киниги ЦIан битIараб квералъ хвалченги бахъун БутIрул гIурусазул къотIулев имам Имамасда хадур кIикъого мюрид Малаца, хвалчаца, хунжруз, квераца Курмулги рорлъула гарбал къотIула КъвакIарал васазе сангарлъунги чIун Азарго капурчи кодоб ярагъгун Курмул рорлъаразул угьди зигарди Хвалчабазул чапи тункIазул кьвагьи Ругънал щваралазул вахIшияб чIичIи ЧIаго ругелазул зикругин ура Зодобе бахунеб гIасияб гьаракь Гьеб чIагояб сангар гIурусги гъурун ГъалбацIал киниги анцIго мюридгун Имам мажгиталъув жанив лъугьула Лъеберго хутIараз нусго чиги чIван1 Хвел тIаса бишула шагьидлъун холла Хал гьабе къерилал гьал бахIарзазул Чармил къвакIиялъул къо xIехьеялъул Хвалде гьазул бугеб ургъел гьечIолъи ЧIаго рухI диналъухъ кьезе хIадурлъи Шамил мажгиталъув лъабкъого чигун Къогоял гьездаса гьазул руччаби Борчун ярагъги бан рагъда хIадурал ХIал хъубав тушманас сверун къан курал Кивего ворчIизе бакI гьечIев Шамил Къоазарго гIypyc тIадеги лъугьун Лъабкъоялда цойилъ вахарав имам Ургъалида вуго гъуниб магIарда |
|
||||||||||
|