![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
ДИР РОСУАвтор: Гасанов Абдулла ЯхъяевичАкнаде рагъ щвеIо, гIарада бачIо, Амма чIунтун буго гIагараб росу. ГIицIго чIваднал руго ригъзазул хутIун, "Ле" ахIун кIальани,жаваб кьоларел. БекIкIун ганчIил рарал чIухIарал рукъзал Халкьалъ реххун тедал,басральун руго. Накъищаз къачIарал ч ахIиял къадал, КъучIдасанго шапун,щущан ун руго. Херал,гIажизазул санго гьабичIо, Рехун тун ВатIангун,нахъе ритIана. Мажгитал риххидал,тIахьал рухIдал, Дол цIорорал иццал ракъван ратила. ЦIияб яшавалде ругьилъилалде, Нахъеги ритIана гIатIиракъалде. КIкIара,хIарщ лъаларел магIарул васал Копоего гIадин гъурун рехана. Жеги реформабаз замана бани, Харбий чи хутIилищ лъабабго росдал- |
|
||||||||||
|