Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Х1акъикъияб тарих хъвазе ккела

Сайгидах1мад Ах1маднабиев Хасавюрт район Ц1ияб Сасикь росу.
Источник: Газета "Х1акъикъат"
Ахмеднабиев Сайгидахмед Магомедович. Ахмеднабиев Сайгидахмед Магомедович.
id:250954034100

Ахираб заманалда г1емер бицизе ва хъвазе байбихьун буго тарихалъул т1ахьазулги, гьел т1ахьаздасан дарсал кьеялъулги. Улкаялъул т1алъиялъги бай бихьун буго гьелда к1вар кьезе. Бит1араб буго, кьезе ккела, амма ч1ег1ералда ч1ег1ерабин, хъах1алда хъах1абинги абун. Гьанжесел тарихазул т1ахьазда гьеч1ин Дагъистаналъул революцинеразулги, партизаназулги бицунеб. Гьеч1ин гьезул сураталгиян хъван буго Ц1умада районалъул Т1индиса М. Гъазиевас (Х1акъикъат №158-161) «Хъвазеги», «малъизеги» ккела хадусеб г1елалда дол камунистазул идеалогия. Гьел большевиказ х1урият бахъулел соназ чан бат1иял, къват1исанги жанисан ах1ич1ел гьалбал рач1арал Дагъистаналъул халкъал цоцаде «гьусизе». Бичераховалги, Деникинилалги, Коньчакалги. Вац вацасде дандеги т1амун, ункъо-щуго соналъ дагьаб халкъищ гъурараб Дагъистаналъул. Гьел больщевиказги партизаназги рух1арал росаби нилъер гурищ рук1арал? Ч1валелги, бусурбаби гурищ рук1арал. Большевиказул рахъалдани ц1ик1арасел капурзаби рук1анин.

Газиев Магомед Газимагомедович. Газиев Магомед Газимагомедович.
id:122392012035

Дагъистаналъул Имам Х1оц1оса Нажмудинида цадахъ рук1арал гъазизабазда абизе ч1ег1ераб хъах1аб жо теч1о коммунистаз. Я бандалиланги, я къвач1ил умматиланги. Жиндирго г1иязул гурони ургъел гьеч1евлъунги вихьизавун. Нажмудинилги Г1абдулат1ипилги боц1и, мискинзабазухъа х1ал гьабун бахъараб гуреб, инсудаса ирсалъе щвараб бук1ана. Халкъалда цебе Имамас абун буго: «Дир боц1и буго дие ирсалъе щвараб, дица шарг1алда рекъон т1аса закаг1атги кьолеб, ижаралъе росарал муг1рузухъги, гъутабазухъги бет1ергьабазе кколеб ужраги кьолеб»-ян.

Шамилл Имамасул Доногъонол Мух1амад гуревги, цог1аги вук1инч1о мискинав наиб. Гьев Имамасе хилиплъун ватани, чан наибха рагъул ахиралда Гъунив Имамгун вук1арав? Гьев сих1ирав чи вук1ун ватани, палковникал Хунзахъа Г1алиханил Хъайитмазги, Нух1бег Тарковскийги Жах1паровги, цойгидалги лъай гьеч1ел, Нажмудиница гуккун рачарал чаг1ийищха рук1арал живгун цадахъ? «Ниж эркенлъи босун рач1унел руго»- ян ах1ана большевиказ росабалъ г1ел. Сундасан эркен гьарурал гьез Маг1арулал? Дагъистаниял киналго, кидаго уздензаби рук1ана. Щиб бач1араб гьез муг1рузда? Абила: нухал рахъанин, лъинал рачанин, бечедадазухъа рахъун ракьал мискинзабазухъ кьунин. Гьанже щибха ккараб? Мискинзабазухъа рахъун бечедазе кьолел руго, гьел г1умруялъ т1ад х1алт1арал ракьал. Бузна нухги, Октябралъул революциялъул ц1ар лъураб каналги бахъулаго, чанги маг1арул чи бакъул унтуца унтана, хвана. Гьезие х1алт1ухъ мухьищ кьураб? Г1орц1изег1ан кваназе квенищ кьураб? Каранда хахулеб лъималги рокъор тун, яги гьелги цадахъ рачун х1алт1ана гьенир нилъер улбул. Х1урият бахъун хадусел соназги гьукъун бук1инч1о дин, рук1ана шарг1ияб судалда щун диниял идарабиги. Лъеберабилел соназ колхозал г1уц1улаян, рехана кули-мархьуги, ракьалги, боц1и-малги, пуруц-рукьалде щун данде. Г1уц1ана колхозалги. Г1араб-г1ажам ц1ализе лъалев щинав чи, цоцадаса мац1ал гьаризеги т1амун рит1ана Сибиралдаги, Россиялъул цойгидал Губернияздеги, г1урусазе ч1орого х1алт1изе. Риххана, къана мажгиталги мадрасабиги. Росабалъ безбожник1алин, атеисталин, комсомолалин г1уц1ана къокъаби. Ях1 бахъана кьуч1дасанго дин т1аг1инабизе. «Тройкаялъ» х1укмуги гьабун т1аг1изаруна г1алимзаби, т1арикъаталъул муршидзаби. Лъуг1изаруна г1араб г1елму хъваралщинал т1ахьал, росдал г1адатал ва тарих хъварал хъвай хъваг1аял. Гьел рокъор ратани, лъик1аб кколареблъи лъан, рахчана къуръаналги г1елмуялъул т1ахьалги кулабаздаги хурзабахъги. Гьел рахчарал бет1ергьабиги хун щиб, Сибиралде т1аг1ун щиб, ругеб бак1 лъач1ого, т1аг1ана г1елмуялъул т1ахьал,- нилъер тарих. Мажгитал рук1арал бак1азда рагьана клубал, складал, х1атта чуязул бокьалцин.

Колхозалда кьелеса жидецаго кваналин киг1анасеб боц1и хъохъараб халкъалъ? Киг1анасеб дагьлъараб гьезул къадар? Жиндир х1алалаб боц1и гьениб кьеларин ч1арав, цо дагьабг1аги маг1ишат бугевщинав чи кулакал ругилан Сибиралдаги рит1ун т1аг1изаруна. Ц1ализе лъалелги бегьич1о гьезие, маг1ишат гьабизе лъалелги бегьич1о.

Гьезие мац1 лъалареб боц1и г1адал чаг1и къвариг1ун рук1ана, жидеца «гьусаралъур» рортулел.

Колхозалъе рахъун хадуб, т1охда михирги бачинч1ого, турараб ч1алу-рахиги хисич1ого, чан кули ч1унтараб маг1арухъ. Замана хисиялда хьулгун жалго бет1ергьаби рук1унаан гьел къач1алел, амма бокьоб боц1иги, гьороб херги колхозалъ лъолаан.

Гьеб заманаялъ х1укуматалъул налог т1ад лъолареб жо щиб бук1араб? Колхозалде х1алт1ун щолеб мухь киг1анисеб бук1араб? Лъимер гьабун лъабго къо инч1ого эбел х1алт1уде гурищ яхъизаюлей йик1арай. Росулъа хъизан хьихьизе хинк1 бахъизе цойги бак1алде инзе ккани кодор паспорталищ г1адамазухъ кьолел рук1арал? Х1укуматалъе планги кьун хут1ани, х1алил мададалъ хъизаналъе кваназе жо щолаан, чанго чи рокъоса колхозалда х1алт1улел чаг1азе. Цо нагагьаб колхозалда хут1изег1ан.

Нижер колхозалда 1970 абилел соназги лъаг1елалъ дояркалъи гьабурай ч1ужуг1аданалъе щолеб мухь бук1ана 1000-1200 гъурущ. Колхозалъул г1акдал бече хвани, рокъоса бачун бечеги кьезе колаан ч1обого колхозалъе ,- план т1убазе.

Магъилъ сахабщинаб бак1ги колхозалъул боц1уе бецун, рокъоб жидеего боц1и хьихьизе ресищ кьолеб бук1араб? Устав бугилан цо г1акаги анц1го чахъуги толаан хьихьизе. Гьелдасан т1аде ун лъани, рахъун колхозалъе кьолаан. Колхозалъул х1акимзабаз миллатги гьабич1ого боц1и хвани, контрактация бугилаги абун, щибго гьеч1еб багьаги нилъее кьун колхозалде кьезабулаан боц1и. Кирха арал дол колхозал?

Гьединаб бук1ана дол большевиказ бач1араб «эркенлъиялъул» х1акъикъат. Гьедин хъвазе ккела тарихалъул т1ахьаздаги, бицизе ккела хадуб г1олеб г1елалдеги.

Кирха арал дол баг1арал партизаналги революционералги? Х1урият бахъун лъуг1арабго, ч1аго хут1арал г1емерисел х1укуматалъ т1аг1изаруна. Нажмудин Имамасул сурав босулелъул таржамачилъун вук1ун вуго хунзахъа Муслим Атаев. Досда Имамас абун буго: «Мун лъик1аб наслу-тухумалъул Абул Муслим щайихасул ц1арги кьурав, сахав бах1арчи вугин. Гьаб дун вугеб бак1иде дагьав хаду мунги ч1езе ккезе вугин. Гьеб мехалъ бич1ч1илин дуда, гьаб дица гьабула бук1аралъул х1асил» - ан. Х1асил щибха ккараб? НКВД ялъул подвалахъ ч1агояб жаназаялде ккезег1ан г1азабги кьун т1аг1изавуна Муслим. Гьединалго бажари бугел Ч1охъа М. Мавраевги цойгидалги, халкъалъе лъай кьеялде к1удияб бут1алъунщиналги т1аг1изарун боц1ул бак1алде ккезабуна халкъ.

Г1урус алфавиталде т1ад маг1арул х1арпалги журан нилъее алфавит г1уц1арав г1алимчи П.К. Усларица, Дагъистаналда хъвазе ц1ализе лъалев чи (г1араб-г1ажам) цойгидал бак1азде данде ккун г1емерго ц1ик1к1ун ругин хъвана 1865 соналъго. Амма гьезул нахъе къанаг1атав чи хут1ана. Хвел хобалде аск1ор гьарулел исламалъул рукнаби лъалев чи хут1ич1ел росаби рук1ун руго маг1арухъ. Гьеб къоги бихьун колхозалги г1уц1ун, г1умруялъ гьенир х1алт1арал г1адамазе 70 гъурущ пенсия бук1ана, цойгидазе 120 бугеб мехалъ. Гьал ахирал соназ бащад гьаруниги. Маг1арулазе гьел большевикаца бач1араб лъик1аб жого лъаларо дида.

Бице, чан чи гьеб х1урият бахъун хадуб, коммунист партиялъул кьалбал ракъвазег1ан 70 соналъ исламалъул щуабилеб рукну т1убазе х1ежалде арав. Дол Аллагь гьеч1ин ах1т1олел рук1арал коммунистал гурищ, гьеб партия биххун хадур, т1оцере мажгитазде рекерарал.

Гьез гурищ как бан лъарав чи х1укуматалъул х1алт1удасан рехулев вук1арав?

«Вай мискинав гьалмагъ, пакъир х1алт1ухъан, Х1урияталдехун мугъ щай рехулеб»
«Нодо ччук1изег1ан какал раниги, Калам гьеч1о дуда большевиказул»-
ан хъвана

Ц1. Х1амзатица. М. Хизроевасги малъун.

Дида цебе ч1ола, к1ийида рекъав, г1ажизав, Ц1умада районалъул Сильдиса Х1ажимух1амад. Росдал школалде х1алт1улев чи, Агъвалив г1урухъ как бала вук1арав, хадур лъугьун, гьелго каммунисталгун, гьездаса кодор хьиталги ккун хасало г1урумухъ ккун лъутизе ккарав.

Вацг1ал вукъулелъуб, дуг1аялъе цере кверал ккунилан Ц1умада Райкомалъул т1оцевесев секретарь, бажари бугев г1уц1арухъан, Гьадириса Зикрула Бексултанов х1алт1удаса инзе ккарав. Гьеле гьалмагъ М.Гъазиев дол большевикацаги, партизанацаги, Лениницаги нилъее босун бач1араб «эркенлъи». Гьел дица кьурал суалазе жавабалги кьун малъе дуцаги, большевикал хирияцаги лъималазда тарих. Улкаялъул президентасги тарих хисизабиялде данде рагъ лъазабун бугелъул.

Гьебни гьедин бук1ун батилин, гьанже бат1аго ц1акъабищ бугеянги кьезе бегьила суал. Алх1амдулиллагь, Аллагьасе г1ибадат гьабизеги, жиндирго бажариялда рекъон маг1ишат гьабизегиг1аги рес кьун бугелъул. Гьел х1укуматалъул бюджеталъул чунтбузухъ, жидераздаго г1адин квер беччолел чаг1и хут1изег1ан, жидерго х1алалаб дармидасан бечелъарал чаг1аца: мискин пакъирасде кверги ч1валеб буго, жидерго боц1удасан закаг1атги бахъулеб буго. Мажгит-мадрасабиги ралел руго. Ралезе кумекги гьабулеб буго. Гьенир х1алт1улел муг1алимзабазеги, имамзабазеги харжал кьолел руго.

Мисалал гьелъие х1алхьезег1ан руго. Цох1о Хасавюрт рехселин. Г1аркьухъа Юсупица цо чанго к1удияб мажгит мадраса бана, гьединго Ах1мадпашацаги рана ралаги руго. Гьенир ругел исламиял университетазе, ва мадрасабазе х1ажатабщинаб ч1езабулелги, жидее ажру аза-азарида бахизабеял, иманги ях1ги т1ок1ал бусурбаби руго. Цойгиги щиб бокьун бугеб гьаб панаяб дуниялалда бусурман чиясе?

«Бакъан т1амуралда т1амураб улка,
Т1уралщинал ч1ваби дур г1умруялъул.
Бигьаго гьабич1о дуца гьабураб,
Бигьаго ах1ич1о дуца ах1араб»-

ян хъвана Х1амзатил Расулица. Гьединаб бук1ана х1акъикъияб тарих араб г1асруялда.



© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.