![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
МобильникалдеСайгидах1мад Ах1маднабиевХасвюрт район Ц1ияб Сасикь росу. Апрель 2008с. МугIрузда щущаяб щайтIан телефон,
Щияй къурулалъул къаданиб бугеб. Къелъ речIун бекаяб дир гаргадиро, Гарам рагIуларев кIалъазавураб. Диргун лъадиялъул гьоркьолъабазде, Гьогьом ккезабуна мун лъаралдасан. Лъороб лъун бахчараб берзул балагьи, Бодаго тIатана мун баккараса. Кисиниб букIаго цIумурги кьабун, ЦIан бахъана дуца рекIел балъголъи. РикIкIаде лъуниги музыкаги хъван, Мобильникалъ буго керен кваналеб. ГIолохъанлхудаго рокьи букIараз, СМСал рачIун ворчIизавула. БахIарго вукIаго хIасрат бергьараз, ХIеренго ахIула къватIив вахъаян . БухIулеб каранде квер чIвараб мехалъ, Кисиниб батула ургъель чучизе. Киндай мун йигоян кагъат битIизе, Килищ цуни гъола кнопкабазде. Бихьизе бокьани бахьинаб гьумер, Кодобе босигун бачIуна цебе, РагIизе бокьани гIагараб гьаракь, ГIоркьоб мех бачIого багъула гIинда. Рокьул кагъат хъвазе, сурат битIизе, СанагIат рекъола рокъовго вукIун. Къаси данде чIвазе мун ахIиялъе, БукIунеб квегIенлъи кодоб бугони. Гьудулалъул цIумур лъазе гурилан, Лъади йигеб рокъоб къазе ккола мун. Къаси кьижилалде кагъат бачIани, БукIунеб къварилъи гьей гъарималда. Цере рокьул коралъ керен бухIулел, Кинандай рукIана мунги гьечIого. Кагъат босун инзе гьоркьохъан ккола, БукIараб гIакъуба къоролзабазда. МугIрузда щущаяб щайтIан телефон, Щивго ватуларо мун кодоб гьечIев. Щуйихъе бекараб дир гаргадиро, Гьанже къадар хъвалеб къаламлъун лълъвараб. |
|
||||||||||
|