Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» rss tsumada.rutube.ru  rss новости 


Архив новостей , персон

Назад

ЩУГЪРИ-ХЪАЛА ВА ГЬЕЛЪУЛ КЪИСМАТ

Далее Мунагьал чураяв дир эмен ГIумарил МухIамадица бицунаан жиндир эбел-эменги хун, инсул вацгIаласда аскIоб ТIисси банин жинца къогоялдасаги цIикIкIун сон абун. Дагъистаналде исламияб дин бачIун хадубги, щугърисез ислам къабул гьабун букIун гьечIо.

Росдада гъоркьехун бугеб «Асахола» абулеб бакIалда Щугъриса Шамхал-ханасул помидор, ламадур ва цогидабги хIалухъин бекьулел хурзал рукIун руго. Шамхалил хъала букIун буго кьурда тIад бугеб борхатаб гохIда.

Ислам дин тIибитIизабизе тIоцере багвалазул ва тIиндадерил ракьалде рачIун рукIана гьидалъел (гьанжесеб Шамиль район),-ан хъвалеб буго жиндирго «Дагъистаналъул росабалъе сапарал» абураб тIехьалъул 2 гьумералда профессор Расул МухIамадовас. Цогидал росабаз ислам къабул гьабун хадубги, щугърисел мукIур гьаризе кIоларого ругел гьидалъез гьезие ургъун буго хIила. Щугъри дандбитIун бугеб «Синдука» рохьоб гьидерица гъоркьчIел гьабун буго ва ханасул помидоралъул ва ламадуралъул хурзабахъе цидул цIоко ретIарав цо бодулав витIун вуго.

Валагьарав Шамхалида бихьун буго «ци». Гьес росуцоязда ахIи бан буго ци бачахъизе рахъаян. Росулъ ругелщинал бихьинал ахIуд рахъун руго. «Ци» Синдукабехун балагьун лъутун буго. Лъутараб гьелда хадуб арал щугърисел гъоркьчIел гьабураз цо чи ворчIизе течIого гъурун руго, хадур росу бахъизеги ун руго. Гьел рачIунел рихьарав Шамхалица руччабазде буюрун буго тушман росулъе виччагеян. Данде рагъизе ярагъ кодоб гьечIел руччабазда росу цIунизе кIун гьечIо. Ахирги росуги бахъун буго. Шамхал жиндирго хъизан-лъималгун, бакIарун хазинагун гIагарлъиги баччун Хуштада лъутун вуго. Росулъа къватIире рорчIаразул цо къокъа ТIиндибехун тIурун буго, цогидал гьабсагIат ТIисси росдадае балагьараб рохьоб бугеб «ИсигьецIала» кьурда тIад щулалъиги ккун, нохъода рахчун чIун руго.

Щугъри кверде босун хадуб, гьидерица бухIун буго. Росу бухIиялъе нугIзаллъун руго росу букIараб бакIалда гьабсагIаталъги ратулел цIадуца роркьизарурал багIарал ганчIал. Шамхал-хан Хуштада иналъул нугIлъун ккола гьабсагIат Хуштада бугеб «Шамхалил» тухум. «Шамхал гъай» авалалда ругезда хуштадерица Щугъриса рачIаралин абула. Гьел Хуштада рачIун руго гьез ислам къабул гьабун хадуб. Гьидалъел нахъе индал «ИсигьецIала» нохъода рахчун рукIарал щугърисел «МилъичIи» Шамхал- ханасул букIараб колода рещтIун руго. Гьенир рещтIарал щугърисез ханасул кули букIараб рохьил хъарахъги къотIун бала ТIисси росу.

Назад


© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.