![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Партиялъул ва хIукуматалъул машгьурав хIаракатчи Ш-XI. ГIисаев гьавуралдасан 85 сон тIубаялдеЖурналист МухIамад ЗАГЬИДОВ, Газета Голос ЦумадыАраб заманалде мугъ pexичIeв ГIакълуялъулгун лъаялъул рахъалъ ралъдал гъварилъиялде щварал, жидер гIумруялъулъги, захIматалъулаб хIаракатчилъиялъулъги улка тун къватIирехунги машгьурлъарал, гьунар-пагьму бугел гIадамал гIураб район ккола нилъер. 50-70 соназда район букIана халкъияб магIишаталъул киналниги бутIаби церетIезариялъул рахъалъ республикаялдаго цебесеб кьерда. Гьелъие гIиллалъунги букIана ишалъулъ жавабчилъиги тIалабчилъиги цIикIкIинабун гьабулеб букIараб хIалтIи ва цебе лъураб масъала тIубазабиялда хадуб букIинабулеб хъаравуллъи. ![]() id:040225017166 Бокьун буго, гьаб макъалаялда, жакъа нилъгун гьечIев, тIолабгожиндир гIумру районалъул ва халкъалъул лъикIаб букIинеселъе гIоло кьурав, ШапихIажи Пабдулаевич Писаевасул хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ бицине. КIикъоялда анцIгогIан соналъ цIияб общество гIуцIиялъул цебесеб кьерда вукIарав Ш-XI. ГIисаевас жиндирго къисмат бухьинабуна гIагараб районалъулгун ва Дагъистаналъулгун. Районалъул гIадамазда, хасго чIахIияб гIелалда, гьев лъалаан бажари бугев гIуцIарухъан, халкъалъул мурадал тIуразаризе гIашикъав, камилаб гIакълуялъул ва политикияб камиллъи цIубарав цIикIкIарав инсан хIисабалда. Живги жиндиеги хирияб гIагараб Гьигьалъ росдал жамагIаталдасан тарбия щварав Ш-XI. ГIисаевас 1942 соналда бергьенлъиялда лъугIизабуна Буйнакскиялъул педучилище. Гьел соназда школалъул директорлъун вукIарав эменги рагьде ун, 17 сонил гIумруялда вукIарав Ш- XI. ГIисаев ккана директорлъун. Гьеб хIалтIи гьес бачана тIадегIанаб даражаялда. Хадуб, хIалтIулъ гьесул бугеб бажари бихьун, 1943 соналъул сентябралда гьев вищана ВЛКСМалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун. Гьеб букIана районалъул ракьалда хъачагъал ругеб, гьез колхозчагIи талавур гьарулеб заман. Гьеб мехалда Шапи-ХIажил жигаралдалъун гIуцIана кьвагьдолезул къокъаби ва гIемераб хIалтIи гьабуна хъачагъал районалдасан рачахъиялъе. Гьелдасан хадуб гIумруялъул 20 сон барав Ш-XI. ГIисаев КПССалъул райкомалъул кIиабилев секретарьлъун ва 25 сонил гIумруялде вахиндал-КПССалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вищана. Гьеб букIана районалъул экономикаги, культураги, социалияб рахъги цебетIезабиялъул масъалабиги, цIалул соналги, гъачагъазде данде къеркьеялъе гьабулеб нухмалъи, партиялъул захIматаб хIалтIиги Шапи-ХIажил рукьалде ккараб заман. Амма гьев къуркьичIо. Жеги жавабчилъиялда тIадчIун хIалтIизе байбихьана гьес. Гьелъул хIасилалда цебетIезе лъугьана районалъул экономика, культура ва халкъалъул яшав. Къокъабго заманалда жаниб бана колхозазда гьоркьосеб Гьигьалъ-Пурухъ ГЭС. Рана цIиял нухал, лъуна кьоял. БитIахъего халкъалъул берда цере гIун рачIана лималазул ахал, яслиби, школал, цIикIкIана больницабазда койкабазул къадар. Гьелдасан хадув Ш-XI. ГIисаев ана цIализе. 1956 соналда КПССалъул ЦКялда цебе бугеб тIадегIанаб партшколаги лъугIизабун гьев цIидасан районалде вачIана хIалтIизе. Гьеб заманалда гьес аслияб кIвар буссинабуна районалда кадраби щула гьариялде. Гьелъие гIиллалъун букIана районалда Россиялдасан, гьединго Дагъистаналъул цогидал районаздасан рачIарал гурони специалистал гьечIолъи. Гьесда бичIчIана гIицIго бакIалъулал кадрабазда гурони район цIи гьабун гIуцIизе бажаризе гьечIеблъи. ЦIакъго чара гьечIеблъун букIана районалъул гIолилал улкаялъул ва республикаялъул тIадегIанал ва гьоркьохъел цIалул заведениязде цIализе ритIи. Гьеб суал бергьенлъиялда тIубазабуна ва гIолилал ритIана цIализе. Гьелъ рес кьуна 60-лел соназда цIалун лъугIун дипломал щварал учительзаби, зоотехникал, ветеринарал, тохтурзаби, цогидалги хасаб гьоркьохъеб лъай щварал специалистал районалде тIадруссине. Ш-XI. Писаевас киданиги мугъ рехичIо араб заманалде. Гьес лъикIаб къимат кьолеб букIана партиялъ доб заманалда магIарулал, гьезиеги бокьун, гIатIиракьалде гочинариялъе. Щайин абуни, гьеб заманалда Каспиялъул гIодоблъиялда цебетIолеб букIана росдал магIишат: мелиорация, цIолбохъанлъи, ралел рукIана цIиял шагьарал, по-селокал, заводал, фабрикал ва гь.ц. Гьелъие къваригIун рукIана хIалтIулал кверал, магIарухъин абуни, хIалтIизе бакIал рукIинчIо. 1961 соналда Ш-XI. ГIисаев КПССалъул Дагьистан обкомалъул инструкторлъиялъул хIалтIиялде ана ва хадув тIамуна Дагъуниверситеталъул КПССалъул историялъул кафедраялъул кIудияв преподавательлъун. 1965 соналдайин абуни гьев вищана ДГУялъул парткомалъул секретарьлъун. Гьеб букIана университеталда цIиял кафедраби рагьулеб, цIалул корпусал, студентазе общежитиял, профессоразегун преподавателазе жанир чIолел минаби ралеб, гьезие хIухьбахъиялъе ресал гIуцIулеб захIматаб заман. Гьеле гьеб махалда байбихьана Ш-XI. ГIисаевас цебечIараб суал гIумруялде бахъинабиялъе гIоло тIадчIараб кIвахIгьечIеб хIалтIи гьабизе. Къокъабго заманалда, университеталъул анцI-анцI хIалтIухъанасул яшав лъикIлъана. Доб заманалда экономикияб цебетIеялда Шапи-ХIажи рази вукIинчIо, гьес рикIкIунеб букIана магIишатияб гIуцIиялъулъ хиса-басиял гьарулаго, Китаялъулаб хIалбихьи хIалтIизабизе кколилан. ХIажатаблъун рикIкIунеб букIана социалистияб гIуцIиялъул лъикIабщинаб цIуниги, капиталистияб гIуцIиялъул системаялъул цебетIураб хIалби- хьиялдасан пайда босиги. Гьес абулеб букIана, базаралъулаб экономика нухда бачинеги кIвезе гьечIилан, общество мискиназдаги бечедаздаги бикьизе ккеялъе Миллалъунги гьеб суал хутIизе бугилан. Гьес божилъи гьабулеб букIана республикаялъул нухмалъулезда Дагьистаналда жиндирго производство цебетIезабизе бажаризе бу кIиналда. Гьелде хехго гIагарлъизе ккани, гIолохъанаб гIел пачалихъияб къагIидаялъ пикру гьабулеллъун куцазе кколинги рикIкIунеб букIана гьес. Ш-XI. ГIисаевас борхатго ккуна коммунистасул цIар. Гьес абулеб букIана обществоялъул цо-цо членал гIедегIанин коммунистиял идеалаздасан ратIалъизе, гьелъ гIолилазе тарбия кьеялъул суалги чIун хутIанин ва гьезда гьоркьор рикьалаби ккезеги байбихьанин ва иш гьедин ккезе биччазе бегьулеб букIинчIин. Гьев ДГУялъул парткомалъул секретарьлъун хIалтIулеб заманалда, дун щвана ДГУялде ва диргун букIараб дандчIваялда цевегоялдасан гьенив хIалтIулев вукIарав (гьанже чIаго гьечIев) цо преподавателас бицана: -20 соналъ универтитеталъул парткомалъе нухмалъи гьабурав Шапи-ХIажи ГIисаевич кидаго разилъичIо Дагьистан ва гьелъул тарих миллатчилъиялде бикьулезда. Гьединал хIужаби абуни гIемерал рукIана. Гьелъие гIоло гьес, КПССалъул обкомалъул тIоцевесев секретарь гIахьаллъараб данделъиялда хъачIго какана университеталъул профессоралги жибго обкомги. Гьесул хIалтIул заманалда Дагьуниверситет сверана гIолилазеги преподавателазеги тарбия кьолеб унго-унгояб школалде, Дагъистаналъул нухмалъулезе ва тIолабго интеллигенциялъе къимат цIикIкIараб, гьел кумек гьарунги, гIакълу бикьизеги рачIунеб идараялде. Живго Шапи-ХIажил букIана партиялъулаб къвакIи ва ДГУялъул коллективалъ гьесул гьабулеб адаб-хIурматалъе гIорхъиго букIинчIо,-ян». Ахиралда тIадеги жубана ДГУялъул профессоразгун преподователаз гьесда «генсекилан» абулааниланги. Обществоялда жанир кколел мукъсанлъабазда, гьечIеб гIадлу-низамалда, гIатIидго тIобитIун бугеб ришватчилъиялда, такъсирчилъиялда хурхун кьурал суалазе жаваб гьабулаго, Шапи-ХIажица пашманлъи, ракI бухIи загьир гьабулаан. Гьеб захIматаб социалияб унти ва тушман кIванагIан хехго тIагIинабизе кколин рикIкIунеб букIана гьес, гурони цебетIезе захIмалъизе бугилан. Гьелъие законги, гьеб билълъанхъизабизе бажарулел нухмалъулелги хIажалъулилан. Бокьун буго бихьизабизе, Ш-XI. ГIисаевасул хIалтIул хIаракатчилъиялъул роль цIикIкIиналъе гIиллалъун республикаялдаго гьесул къимат-къадру борхиги букIанилан. Доб заманалда МахIачхьалаялъул аэропорталъул начальниклъун вукIарав Тарелкинги вачIун, Гъажари рагьана аэродром. Ва жиндирго кIалъаялда гьес абуна: -Аэродром рагьиялъе гIурал шартIал ругеб бакI гьаб Гъажари гьечIо, кин бугониги Шапи-ХIажил гIаданлъиялъе ва республикаялдаго гьесул бугеб къадруялъе гIоло рагьулеб буго»-ян. Гьеб гуребги, гьел соназда СССРалъул Министрзабазул Советалъ улкаялъул цогидал бакIаздаго гIадин, нилъер районалъул Хонохъ участкаялдаги турбаза базе хIукму гьабун букIана. Гьеб хIалтIизе байбихьиялъе биччан букIана 6 млрд. гъурущ гIарац. ХIалтIул тадбирал гьаризе рачIунел-унел специалисталги рукIана. Гьеб заманалда Ш-XI. ГIисаев районалдасан обкомалъул аппараталде хIалтIизе ана. Гьелдасан хадуб гьеб хIалтIиги гьабулебго бакIалда чIана. Дида ракIалде ккола нилъер районалъул жакъасев нухмалъулес гьеб суал борхани, Хонохъ турбаза баялъул суал нухда бачине кIвезе бугилан. Гьелъ ресги кьелаан районалъул бюджет цIикIкIиналъе ва халкъалъе хIалтIулал бакIал щвезеги. ДГУялда хIалтIулел ахириял соназда Шапи-ХIажил гIумруялъулъ ккана хиса-баси. ЗахIматго унтана. ВатIалъана цояб бохалдасан. 20 соналъ ДГУялъул парткомалъул секретарасул хъулухъ тIадегIанаб даражаялда бачарав ва цIунарав гьес гьеб хIалтIи жибго тана ва мустахIикъаб хIалхьиялде ана. Амма университеталъул хIалтIухъабаз гьесул цIар гьев гьечIониги къадруялда рехсолеб букIана, абухъего, партком гьесул рокъобе гочараб гIадин, гьесухъе рачIунел рукIана щиб къваригIел кканиги. ГIумруялъул 77 соналде жаниве лъугьарав Шапи-ХIажил гIакълуялъул бегIерлъиги, цIубайги, политикияб гъварилъиги жеги цIикIкIун камиллъулеб букIана ва аваданго дандчIвалев вукIана жиндихъе рачIаралгун ва гьарулаан гьезие насихIатал. БетIергьанас гьесие сайгъат гьабун букIана камилаб гIакълуги, ишалъулаб бажариги. Гьелъин гьесда гIагараб ЦIумада район сундулго рахъалъ республикаялдаго тIоцебесеб кьерде бачине кIварабги. Шапи-ХIажи вукIана кечI-макъан бокьулев, ракIгъурав чи. Гьев гIашикъго гIенеккулаан, гьал мухъазул авторас мандолинаги хъван, ХIайбат MyxIaмадовалъ ахIулел кучIдузда. 18 сонилъ ВЛКСМалъул ва 25 сонилъ КПССалъул райкомазул тIоцевесев секретарь, 30 сон бараб мехалда СССРалъул Верховный Советалъул депутат, ДГУялъул парткомалъул бетIер Ш-XI. ГIисаевасул хъулухъал кIодо гьаруна хIукуматалъул гIемерал медалаздалъун ва орденаздалъун. Амма гьесул гьалмагъзабаз бищунго кIудияб шапакъатлъун рикIкIунеб букIана, цебеселде мугъ рехичIев, гьесул гIадамаз гьабулеб къадру-къиматги, цIунулеб букIараб адабги. |
|
||||||||||
|