Къуръан цIалиялъул конкурс
28 февралалда Агъвали райцентралда бугеб аслияб мажгиталда тIоритIизе руго хирияб Къуръан цIалияъул рахъалъ къецал.
Къецалъул гIахаллъи гьабизе рес буго щибаб номинациялда, щибаб росулъа кIи-кIи чиясе.
ГIахIаллъулезул цадахъ букIине ккола паспорт яги гьавураб ( гьаюраб ) свидетельство. Васал , Ясал – 12 соналде щвезегIан.
1.Къуръан цIализе
2. Иман исламалъул рукнаби лъаялъул рахъалъ викторина.
3.Хирияв АВАРАГАСУЛ гIумруялъул суалал.
Васал , Ясал – 13-17 соналде щвезегIан:
1.ГIамма, Табарак ва Яясиин рекIехъ бици
2.Иман исламалъул рукнаби лъаялъул рахъалъ суалал.
3.Хирияв АВАРАГАСУЛ гIумруялъул суалал.
Рергьаразе кьезе буго:
1—бакI: Къуръан ,диплом, гIарцул сайгъат 5000 гъурущ .
2— бакI: Къуръан ,диплом, гIарцул сайгъат 3000 гъурущ .
3— бакI: Къуръан ,диплом, гIарцул сайгъат 1000 гъурущ .
РекIехъе Къуръан цIалиялъул бихьиназда ва руччабазда гьоркьоб абсалютияб конкурсалда рергьаразе кьезе буго 10000 гъурущ, Къуръан ва диплом.
Къецалъул гIахьалчагIазе къаде квен кьезе буго. Гьединго гIалимзабазул хIукмуялда рекъон, хисизабизе рес буго къецалъул программа.
Жюри ва программа гIуцIизе буго росдал дибирзабаз.
ТIадеги баянал ахIизе бегьула 8-909-485-94-75 яги 8-963-429-00 телефоназул номеразде. ГIуцIиялъул комитет
19.01.2013 http://www.tsumada.ru//news/23665
|