Дин ва гумру. (статья на аварском языке) Источник: portal21.ru
На заре Советской власти наши народы претерпели серьезные испытания. Одним из таких испытаний является уничтожение исламской интеллигенции путем расстрела алимов, высылки их в Сибирь и Казахстан. Однако, не всех успели «наказать», оставшиеся на Родине алимы тайно обучали азам исламской и богословской наук. Потомок династии алимов стал победителем конкурса среди чтецов Корана.
ГъазимухIамаддибир абун Дагъистаналдаго машгьурлъарав Сагитил вас гьавуна ЦIунтIа районалъул Гъалокь росолъ. Мокъокъдерил дибир ЧIиркъалав Рамазан наибасул секретарьлъун вачун хадув, дибирлъун вищун вуго ГъазимухIамаддибир (Хето). Гьесул нухмалъиялда гъоркь Мокъокъ росдал масжид, биххизеги биххун, цIидасан бан буго. Гьениб жанибго гьабун 25 мутагIиласе бакI бугеб рукъги. Бицуна гьесда цеве лъебергоялдаса цIикIкIун мутагIил цIалулаанилан.
ГъазимухIамаддибирил эбел, ПатIимат, йикIана ункъракьалул ЦIумада районалъул Метрадаса. Метрадерил росу бухIун гочинабулеб къоялъ, гьел рещтIун рукIун руго аскIоб бугеб цIунтIадерил Сагьада росулъ. Болъихъ базаралдеги ун, рокъове вачIунев вукIарав Сагитги сордо базе рещтIун вуго Сагьада. Сагит рещтIунеб гьоболасул доя ятарай гьасда Метрадаса ПатIимат. Цоцахъ рокьиги ккун, лъун магьаригун, гьав Гъалокье тIадвуссуна лъадигун цадахъ. Гьазие гьаруна лъабго ясги, цо васги. Гьев васасда Сагитица лъола имам ГъазимухIамадил цIар.
Микьго сон барав ГъазимухIамад инсуца гIелму цIализе кьун вуго. Цин росулъго, хадув Гьаквари ва цогидал росабалъ цIалулев вукIун вуго ГъазимухIамад. Метрада вукIун вуго МирикIа абун ункъракьалдаго цIар арав бечедав чи. Гьев хIукуматалъ туснахъ гьавун тIагIинавун вуго. КватIичIого гьесул чIужуги хванила. Гьезул цохIо хутIарай гьитIинай яс ячун йиго ГъазимухIамадица.
Гьайги ячун росулъе щварав ГъазимухIамад эбел-инсуца нахъисеб къоялъго 10 сонил болжалги цIан, гIелму цIализе витIула. Гьев цIалана Гьаквари, ГIасаб, Гьидалъ, Сугъралъ, Щулани, ЧIохъ, ахиралда КIарахъа МухIамад ТIагьирида цеве. АнцIгосонилаб цIали лъугIарав гьес къоло микьго сон бан букIана, гьесул лъади ПатIиматица – къоло кIиго сон. Росулъе тIадвуссарав ГъазимухIамад цо чанго соналъ Мокъокъ, Гъолохъ, Хъетохъ росабазул дибирлъун хIалтIула.
Лъеберабилеб соналъ Даглал Валил бетIерлъиялда гъоркь ЦIунтIа букIана восстание. Гьеб заманалда ГъазимухIамад хъизан лъималгун гочана эбелалъул росулъе, Метраде. Мокъокъдерил жамагIаталъ унгеян гьарулеб букIун буго. ГъазимухIамадица жаваб кьун буго: «Умумузул кици гьечIищ, «квешал чагIазул баркат гьечIолъи ралъдал тIинда вугесдеги бахунилан». – Гьаб хIажат гьечIого гьабураб ишалъ цо баракат гьечIолъи хъвазе бугила жамагIаталда», - янги абун, къо-лъикIги гьабун, росулъа ун вуго.
Метраде щвараб мехалда, кIудияб рохел гьабунила росдаца ва гьеб росдада сверухъ ругел жамагIатазги. Гъокь йигей чIужуги хун, цойги чIужу ячине кканила. Гьелъиеги гьарунила лъабго лъимер: кIиго яс, цо вас.
КигIан хIукумат дандечIараб бугониги, балъго ГъазимухIамадица гIелму малъун гIезарунила ункъо гIалимчи: НасухI, ХIусен, Абусупьян, Шайихислам. ГъазимухIамадица сардилъ вахъинеги гьавун, микьго сон барав жиндирго вас АхIмадидаги балъго гIелму малъана. 9 соналъ инсуда цеве цIаларав АхIмадидасан вахъана унго-унгояв гIалимчи.
АнцIила анкьго сонил гIумруялда АхIмад вукIаго, Аллагьасул къадарги щун нилъедасан ватIалъана ГъазимухIамаддибир. Аллагьас гьесул баракат щваги нилъееги. АхIмадица бицунаан: «Цо къоялъ дунги эмен ГъазимухIамадги Тазили абулеб колода гIиял хьихьулел рукIанила. Къалъул заманги щун, иццухъе как базе анила. Какие чурун, какикьжоялдаго цере кверлаги ккун дугIа гьабулаго, зодовеги валагьун, инсуца абуна: балагье, дир вас, ГIалиласул МухIамад (Хъебалъа гIалимчи) хвараб куц буго. Доле зодоб малаикзабаз мали босун унеб буго», - ян абунила. «Какги бай, боцIиги жанибе гъун, дове-гьаниве вуссинчIого, кьабун рукъове а мун. «Дун гьаниса гIорги (Туш) бахун, магIардасан Хъебалъе ина», - ян тIадеги жубана инсуца. Дун росулъеги щун, бакъанил как балев вукIаго, рачIана инсуда хадур, гьев Хъебалъе вачине. Хъебалъа ГIалиласул МухIамадица васият гьабун букIун буго, хабада тIалкъин ГъазимухIамаддибирас цIализе. ГъазимухIамддибирас, живго унтун холев мехалда, абунила яцалъул вас щвезаве дун хабалъ лъелелдеян, ва Мокъокъе чи витIанила. Хадусеб къоялъ рилъанила яцалъул вас Паризалав МухIамадги (къуватав гIалимчи), гьесул вас Увайсги.
Метраде щвезелъун ГIанди гIурухъан цо лъикIалан манзилалъ ине кколаанин бицана Увайсица. Метраде тIаде рахунаго свакарал ниж цо дагьалъ лъалхъанила. «Росулъе ниж гIагарлъулеб мехалда, гьениса бакканила хабалалъе босун унеб мали. АхIанила: «Паризаласул МухIамад! ХIетIе хехлъизабе, тIаде вахъаяня!…». Мали босун хабалъе рачIунаго, щибго гIоди букIинчIила бицунаан Увайсица.
ГIазимухIамадица абухъе, хабалъ дов лъелелде, яцалъул вас Паризаласул МухIамад Мокъокъиве щвана Метрадаса. ГъазимухIамаддибирасул вас АхIмад гьавуна 1920 соналъ, хвана 2001 соналъ росулъ (Метрада) лъабго къоялъ халатккараб унтиги чIван.
АхIмадида гIелму малъизе байбихьана микьго сон барабго. Гьесда дарс малъулаанила къаси сордо барщараб мехалъ тIадвахъинеги гьавун. Киназдаго лъалеб жо лъималазе их чIаралдасаго макьу гьуинлъулеблъи. Сардилъ тIаде вахъинавулаго, гьаракь биччан ахIизе бегьулебги букIун гьечIелъул (НКВДялъул агентал рукIунаанила, балъго нуцIихъа, гордухъан яги тIохдеги рахун гIенеккулел, хасго машгьурал гIалимзабазда хадур). ГъазимухIамаддибирас кьижарав васасда тунк-тункулеб букIун буго, гьединги ворчIичIони, бигьагьабун бохги цIан, бусадаса чIарбиде вортизавулаанила. Гьединги ворчIичIони, гьурмаде хъатцIун цIорораб лъим речIулаанила.
ВорчIаравго, 1-2 кесек чакаралъул кваназабулаанила, хадуб гьумер чуризе тIамулаанила, гьелдаса хадуб байбихьулаанила дарс малъизе. Малъулаанила гIелму гIияде вачун гIалхудаги. «ХIатта росуцояздагицин лъалеб букIун гьечIила инсуца дида малъулеб гIелму», - ян бицана АхIмадица. ГъазимухIамад холеб соналъ гьаранила анцIила анкьго сон барав АхIмадие чIужу, росулъго бищун лебалай Муъминат абурай гIадан. Гьелъ щибго хIалтIи гьабизе толароанила АхIмадида. Хурги бекьулаанила, бихьинчияс гIадин, рохьоб цIулги гьабулаанила, хурибе ракги чIвалаанилан бицунаанила росуцояз. Цо гьабураб квен кванай гуреб жо букIинчIила АхIмадил. АхIмад кидаго гIелмуялда тIад вукIунаанила. Гьедин банила гьез анцIгогIан сон, гьебщинаб заманалъ гьезул рукIинчIила лъималги. Ахирги гьеб гIилла сабаблъун гьал ратIалъанила.
Инсул нухги ккун, васасги байбихьанила росулъ ругел лъималазда гIелму малъизе. Лъималазе гьесда аскIор цIализе рес щванила 1944 соналдаса нахъе. Росулъ рукIарал мацIихъаби гочун Чачаналде анила. АхIмад паракъат росулъ вукIанила, шаргIияб заманалдаго гIадин гIелму малъулев. Ахирги лъималазда малъун, жинцагоги такрар гьабун АхIмад лъугьанила фикъгьиялъул аслиял тIахьал рекIехъе лъалев чилъун.
Рагьда бертин бугони, къасилъизегIан АхIмад къватIиве ваккулароанилан бицуна гьев лъалез. Колоде унаго яги росулъе къваригIелалъ унев вугони, бихьинчи вукIа, чIужугIадан йикIа – нухда дандчIварав чиясул хIатIал рихьун гурони, чи вихьулароан гьесда. Живго АхIмад вукIанила жаниб цIураб чералъул, борхатаб лагаялъул чи. Эмен ГъазимухIамадица, живго хвезегIан, щибаб лъагIалида хьихьараб оц кваназабулаанила АхIмадида.
ЦIиячарай чIужуялъ АхIмадие лъабго вас ва лъабго яс гьаруна. Лъималаздаги малъанила АхIмадица гIелму. АхIмадил вас ГъазимухIамаддибир ккола «Хьулалъул нур» гурхIел-рахIмуялъул фондалъул председатель. Гьес жамагIаталъе чIорого Къуръанал рикьула, росулъ балеб буго мадраса, лъималазда гьоркьор батIи-батIиял исламалъул къецал тIоритIула ва ресукъал хъизамаздаса лъималазе гIарцудалъун кумек гьабула.
Умумузул гIанса магIида бан течIо, кодоб ккуна АхIмадил лъабавго васасги: МухIамадица, ГъазимухIамаддибирица ва ХIусеница.
МухIамадил вас АхIмад цIалулев вуго Хасавюрт мадрасаялда. Исана гьев гIахьаллъана Хасавюрталда Северияб Кавказалъул гIалимзабазда гьоркьоб тIобитIараб къецалъулъ. Гьениб АхIмад тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ва гьесие машина кьуна. РакI-ракIалъ баркула гьеб бергьенлъи эмен МухIамадида ва киналго хъетолазул тухумалда.
_____________________________________________________
Автор статьи: ХIусенапанди МухIамадов, ЦIунтIа район, Мокъокъ росу
17.12.2012 http://www.tsumada.ru//news/23641
|