Цолъиялде ва вацлъиялде ахIана М-С. ЖахIпаров, МахIачхъала шагьар
10 июналда МахIачхъалаялда букIана район тун къватIир гIумру гьабун ругел исламияб диналъул гIалимазул данделъи. Цебе къокъабго рагIудалъун гьеб рагьана районалъул бетIер М. Камиловас.
Бицен гьабулеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Хасавюрт шагьаралъул мажгиталъул имам Я. ГIусмановас, Гъизляр шагьаралъул мажгиталъул имам С. АхIмадовас, Гъизилюрталда бугеб исламияб университеталъул ректор М. Давудулаевас, Хасавюрт шагьаралда бугеб исламияб университеталъул ректор М-Д. ГIумархIажиевас, Хасавюрт шагьаралъул мадрасалъул мугIалим Ш. ГъазимухIамадовас, Хасавюрталда бугеб исламияб университеталъул мугIалим З. МухIамадовас, «Агьлу-суннаялъул» нухмалъулев Г1. Къебедовас, Агъвали росдал мажгиталъул имам С. ПирмухIамадовас, ТIинди росдал мажгиталъул имам ХI. Халилулаевас, КIванада росдал мажгиталъул имам Гъ. Пахрудиновас, Гъизляр районалъул «Вперед» росдал мажгиталъул имам А. КъурамухIамадовас, КIванадаса М. Нажмудиновас ва М. ДибирмухIамадовас, Сасикь росулъа ХI. ХIусеновас, Астраханалда чIарал КIванада росулъа М. Шарапудиновас ва ХI. Халидовас, Хуштада росулъа М. ГIабдулаевас, Лъондода росулъа М. ГъазимухIамадовас, Хъварщи росулъа МухIамадица, Муцалаулалда чIарав Первомайскиялдаса ХIажияс, Гьимерсо росулъа А. ГIазизовас, Лъондода росдал бегавул М. Идрисовас, Эчеда росдал бегавул ГI. КъурамухIамадовас, райадминистрациялъул бетIер, М. ГIабдуразакъовас, райсобраниялъул председателасул заместитель А. Вечедовас, райадминистрациялъул бетIерасул заместитель, М. Гагиевас, райгазеталъул редактор М-С. ЖахIпаровас ва гь.ц.
Далее
30.06.2011 http://www.tsumada.ru//news/23317
|