Руччабазде барки
ХIурматиял руччаби, хириял улбул ва яцал, лъудби ва ясал! Гьале тIаде щвана ихдалил байрамазе жинца щулияб кьучI лъолеб, тIабигIат чIаголъиялъе, гIумру цIилъиялъе байбихьи лъолеб, ихдалил гьайбатаб байрам - Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо-8 Март. ХIурматиял руччаби! Халкъалъул гIумру тIей гьечIого бухьараб буго лъикIал ишазулъ, жамгIияб гIумруялъулъ нужер чIагояб гIахьаллъиялда. Нуж свакаларо улкаялъе, республикаялъе, гIагараб районалъе гIоло хIалтIун. Районалъул руччабаз, тIолалго советиял руччабазго гIадин, кIудияб къохIехьей бихьизабуна КIудияб ВатIанияб рагъул соназ тылалда хIалтIулаго ва кIудияб Бергьенлъи гIагар гьабулаго. Наслабаз кIочон тун гьечIо ва нилъер тарихалъулъ даимго хутIизе буго гьезул захIматалъулаб бахIарчилъи, тIаде ккараб къо хIехьей. Заманалъул захIмалъабазухъ балагьичIого, нужеца, хIурматиял руччаби, хIаракат бахъулеб буго хъизанлъималазда гьоркьоб рекъел, гъанситоялъуб цIа, рокъоб гьобол хиралъи, гIагарлъиялда, мадугьаллъиялда гьоркьоб гьудуллъи цIунизе. ТIолабго улкаялъул руччабазго гIадин, нилъер районалъул руччабазги жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго районалъул экономика борхизабиялда, лъималазе лъайгун тарбия кьеялда, сахлъи цIуниялда, росдал магIишаталъул батIи-батIиял бутIаби церетIезариялда.
«ЦIумада район» муниципалияб районалъул нухмалъи божараб буго, хIурматиял руччаби, заманалъул захIмалъабиги къинарулаго, хадубккунги нужерго гIакъиллъиялдалъун, гIаданлъиялдалъун, хIалимлъиялдалъун, сабруялдалъун, хIеренлъиялдалъун ва захIмат бокьиялдалъун нужеца мустахIикъаб бутIа лъелин районалъул экономика чIара-хьараблъун гьабиялъулъ ва жамгIияб гIумруялъул киналго бутIабазулъ. Хириял районалъул тIолалго руччаби! Баркула нужеда тIаде щвараб ихдалил гьайбатаб байрам - Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо-8 Март. Гьарула нужее щулияб сахлъи, гIемерсоназулаб талихIаб ва рохалилаб гIумру, хъизан-лъималазда гьоркьоб гьуинлъи. Биччанте нужер щиялъул лъикIал къасдал ва анищал тIуразе, рекIелъ иман, яхI-намус, гурхIел, рахIму, сабру, гIаданлъи жеги цIикIкIине.
Байрамгун, хIурматиял районалъул руччаби! Нужедехун кидагосеб адаб-х1урматгун.
М.КАМИЛОВ, «ЦIумада район» муниципалияб районалъул бетIер, райсобраниялъул председатель.
М. ГIАБДУРАЗАКЪОВ, «ЦIумада район» муниципалияб районалъул администрациялъул бетIер.
08.03.2011 http://www.tsumada.ru//news/23169
|