Росабазул жамагIат, гьарулеб буго,
Нужерго хIамузе гIадлу гьабеян.
Кьурабалъ ругьунал цIани гIадал гьез,
ЦIияб гIураб гьветI-рохь хъарсунеб буго.
Гьал
хIамузде гьанже хIаян абуни,
ХIакъил цIа рекIина бетIергьабазда.
Гьезда тIад гьирги лъун гьабихъе ани,
ХинкIал хIарамлъиги хIакъаб жо буго.
РикIкIун лъугIунарел гIемерал хIамул,
Нижер хурзабахъги ахакьги руго.
Цониги гъветIалда хъал толеб гьечIо,
ХъахIаб краскаялъ релъунел руго.
ГIадамаз гIадинан каву рагьулел,
Квешал хIамул руго нижехъе рачIун.
ЧанцIул хъамуниги нахъе унарел,
Нахье гьел рачине чи вачIунарел.
Чвахулеб магIугун гIурул рагIалда,
ГIодулеб хIамида ракI гурхIулеб куц.
ГIодо реханщинал пакеталги кун,
Панкъ гIадин чехьги лъун гIодоб къулараб.
Рии гьаниб ана хаселги ина,
Нижей гьангIаги щай гьанги кунарел.
РагьтIе рачIанщиназ хур-ах кванщиназ,
Квешаб рагIи аби лъикIабищ бугеб?