МагIарул рухIалъул хIалбихьулеб мех Автор: Изудинов ХIамзат, Газета Х1акъикъат, выпуск № №44(197-200)(17933-17936)
«МагIарул миллат сундухъниги бичуларо нижеца», - гьединаб магIна букIана улкаялда гьабулеб бугеб гIадамазул хъвай-хъвагIаялъул «экзаменалда» нужеца кинал жавабал кьезе ругелилан абураб темаялда «ХIакъикъат» газеталъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилазул. БахIарчияб, бечедаб тарихалъул, дунялалдаго машгьураб магIарул халкъалдаса, гьелъул кьварараб рухIалдаса инкар гьабилин абулел миллатцоял ккечIо. Буго рагIул балъголъи… ЦIумада районалъул Гьигьалъа Шамхалдибир ГIисаевас абуна 2002 соналъул хъвай-хъвагIаялда жив магIарулав вугилан бихьизабунила жинца, хадуб скобкабазда жаниб чIамалавиланги хъванилан. Хъвай-хъвагIаялъул тIанчал исанаги гьединго цIезаризе ругилан бицана гьес. ДГУялъул юридикияб факультеталъул халкъазда гьоркьосел ихтияразул кафедраялда дарсал кьола ГIисаевас. Гьебго идараялда цIалулел руго гьесул лъималги. 1996 соналда гьаюрай яс патIиматида гIурус, ингилис мацIазда цадахъго магIарул ва чIамалазул мацIалги лъалел руго. 18 сон барав вас Бачуханида ракIалда буго магIарул мацI жеги лъикI лъазабизе.
Далее
19.01.2011 http://www.tsumada.ru//news/23116
|