САСИКЬА ХIУСЕЙН АФАНДИЛ ТЕХЬАЛЪУЛ УНКЪАБИЛЕБ БАСМА
К 110 летию ХIусейн-Афанди
Автор: Магомедов Абдурахман (Али) Магомедович из с.Тинди,
профессор Даггосуниверситета, г. Махачкала
«Гьаб сайигъат буго халкъалъе гIаммаб
Муршидун камилас жиб нахъе тараб.
КIвар гьабун цIалани цIакъ пайда бугеб,
Жаниб жавгьар бугеб, кодоб щолареб.»
Гьедин хъван буго Сасикьа ХIусейн афандил тIехьалъул авалалда лъун бугеб такъризалда ЦIияб Костекалдаса гьевго ХIусейн устарасдасан бугеб силсилаталда гьаб заманаялда халкъалда тIарикъат жинца малъулев вугев шайх МухIаммад-хIажица.
ХIусейн Афанди ккола тIадмагIаруллъиялда баккараб гвангъараб цIва. ПасихIал назмабаздалъун жакъаги чIаго вугев гIадин кIалъалев вуго гьев нилъеда.
ХIусейн-афанди гьавуна 1900с. ЦIумада районалъул Сасикь росулъ ва нилъедасан ватIалъана 1964с. Жиндирго гIумруялъул нух гьес баян гьабун буго «Факъирав, хIакъирав дун вугониги», «Дирго ахIвалазул хIасил бицараб» абурал назмабазда. ГьитIинаб мехалдаса нахъе гьес гIелму тIалаб гьабуна, цин цIалана росулъ, хадуб цогидал росабалъги.
Далее
12.05.2010 http://www.tsumada.ru//news/22887
|