«Дун хъулухъалда хадув лъугьунаро, гьелъ дун валагьула» ХIажи Сайпуев «ХIакъикъат», I8 февраль 20I0, №6
Нилъер гIезегIан ракьцояз гIумру гьабулеб буго республика бахун къватIиб, Россиялъул батIи-батIиял регионазда. Гьединазул цояв ккола къогоялдасаги цIикIкIун соналъ Сахалин чIинкIиллъиялда гIумру гьабун вугев ЦIумада районалъул Агъвали росулъа МухIамад МухIамадов.
ЦIумада районалъул Агъвали росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, кIудияб гIумруялде галаби лъолаго МухIамадица хIукму гьабуна цин ВатIаналда цебе тIадаб налъи тIубазабизе. «Гьеб буго гIумрудул болъодул тIоцебесеб хIокI, гьелда божилъигун хIетIе лъеялда бараб букIина дир букIинесебги», - ян пикрабигун ана МухIамад армиялде. Рагъулаб хъулухъ гьабизе ккана Сахалин чIинкIиллъиялде.
Армиялдаса вачIиндал росулъ гIемераб заман бачIо МухIамадица. Эбел-инсуе бокьун букIана вас учительлъунги цIалун, эменго гIадин гIагараб росдал школалда хIалтIизе. Амма МухIамадил ракIцIалеб букIана Сахалиналде. Цо къоялъ МухIамадица эбел-инсуе жиндирго анищазул бицана.
Эбел Узлипат росасул бадие ялагьун хутIана. Инсуца лъадиялъул мугъалда недегьго кверги лъун, «виччанте ине, нилъее аслияб жо буго гьесул талихI. Кив вугониги инсанасда кIочене бегьуларо жив киса, щив кколевали. Жив вижараб, гIураб росуракь, миллат кIочарав чи чилъун рикIкIунаро магIарулаз. Гьелдаса цIунагиян Аллагьасдаги гьарун, вас нухда лъе, Узлипат», - иланги абун эмен къватIивехун ана.
Далее 21.02.2010 http://www.tsumada.ru//news/22776
|