ВатIанияб рагъулъ лъадарарав
ЦIумада районалъул лъондода росулъа Гъайирбеков Исрапилица кIиазаргоялда гIагарун район цоявгун цадахъ жигараб гIахьаллъи гьабуна КIудияб ВатIанияб рагъда.
Смоленск, Москва шагьарал цIунулаго гьарурал цIоб гьечIел рагъазулъ лъабцIул лъукъана Исрапил, рокъове тIад вуссана инвалид лъун.
Кьалда бихьизабураб къохIехьиялъеги гIоло Гъайирбеговасе кьун руго гIемерал шапакъаталги.
Рагъдаса хадув гьев гIемер соназ хIалтIана районалъул гIаммаб магIишаталъул нах къабул гьабулеб складалда.
Гьениб гьесие «маслопром Исрапилилан» тIокIцIарги щвана.
ХIаракатаб хIалтIухъ Исрапил мустахIикълъана районалъулги республикаялъулги нухмалъулезулги баркалабазе ва шапакъатазе…
ХIалхьиялда вугониги жакъаги Гъайирбегов ГIадада чIоларо, гIолеб гIелалъе патриотияб тарбия кьеялъул гIахьаллъула, рагъул кьогIал дарсазул хIакъулъулъ гьезие бицуна Исрапилица тIубазабуна исламалъул щуабилеб рукнуги – борхана хIеж.
23 февраль тIаде щолеб букIиналда бан бокьун буго Исрапилида ВатIан цIунулезул къо баркизе.
М. ЗАКАРЯЕВ. ЗахIматалъул ветеран
30.01.2010 http://www.tsumada.ru//news/22748
|