В селении Тануси была обнаружена рукопись повествующая о том, как проходила исламизация Дагестана. ГIарабал Дагъистаналде рачIиналъул хIакъалъулъ
Маламагомедов Джамал
Дагъистаналъул гIелмияб централъул хIалтIухъабаз щибаб соналъ тIоритIула батIи-батIиял мугIрузулги, гIатIидракьалъулги районазде археографиялъул экспедицияби. Нилъер магIарул росабалъ щибаб соналъ аниги тIадеялдаса тIаде цIикIкIун гурого дагьлъулел гьечIо нилъер рухIияб бечелъи. Нижеца цIех-рех гьабулел жалги руго гIараб хIарпаз хъвараб щиб букIаниги. БукIа гьеб гIажамалъ хъвараб ялъуни гIараб мацIалъ хъварабниги. Щай гьедин цIикIкIунеб абун суал баккизеги бегьула бокьарав чиясул? Щай абуни цебе коммунмистазул заманаялда гIадин нижеца щибго жо нахъе босуларо кьеянги гьаруларо. Нилъер гIадамал ругьунлъун руго рачIарал чагIаз кинабго жо нахъе босиялда. Амма нижеца жакъа къоялде щвезегIан абизе кIола цониги тIамач нахъе босичIин изну гьечIого абун. Нагагьлъун цощинабго тарихалда хурхараб букIа ялъуни мацIалда, гIадатазда хурхараб жо батани нижеца копия гьабула гьев бетIергьанчиясул изнуялдалъун гIицIго. Гьесие бокьичIони гьабичIогоги тола. Дир гIакълуялда рекъон дида кола гьедин батилин щибаб соналдаса соналде жалго гIадамал рачIуна жудорго бечелъиялъухъ балагьизе рачIаян гьаризе. Щайгурелъул киназдаго лъалеб гьечIо гIараб алфавиталъ хъвараб жо цIализе. Гьединлъидал тIахьазул бетIергьабазе жодоего буго кIудияб интерес щибдай элда хъван бугоян балагьизе. Араб 2008 абилеб соналъул июль моцIалда ниж щвана Хунзахъ районалде. Гьава-бакъги рекъон ккечIого, рикIкIад ругел росабалъеги ине санагIат рекъечIого нижеца хIукму гьабуна цониги цIияб библиотека батилародаян аскIоб бугеб ТIанусире рахине. Росулъе рачIунаго тIоцеве данде карав чиясда цIехана росдал дибир. Гьес ниж дибирасухъеги рачана. Ниже къваригIараб жо лъайдал, гьевго чияс ниж рачана жиндирго рокъоре. ЦIарги гьесда букIана Дибиров МIухIамад. Гьес нижеда бицана гьел тIахьазул хIакъалъулъ дагьа-макъабго тарихги. ТIахьазул бетIергьанчи вукIун вуго гьесулго эмен Дибирасул вас Насрудин (1910 – 1997гг), жиндир мунагьал чураяв. Жиндирго заманалъ гьев Насрудин вукIун вуго цIаларав чи. ТIоцеве гьев цIалун вуго гIараб гIелмуялъе жиндирго росулъ ТIанусив. Хадуб Хунзахъги цIалун вуго, гьенисан ун цIалун вуго Унсоколо районалъул ХъахIабросулъги. Гьенисан вусун хадув хIалтIун вуго ТIанусиб росдал имамлъунги. Лъида цеве эмен цIалулев вукIаравали гьай-гьай васасда лъалеб гьечIо. МухIамадица бицанихъе Насрудинил букIун буго лъикIаланго кIудияб библиотека. Эмен хун хадуб, гьел тIахьал цереса цере ун, цIакъ къанагIатал жал гурони хутIунги гьечIо. Гьезда гьоркьоб, бер речIарабго дида бихьана цо квералъ хъвараб даптар. Гьеб бугоан гIажамалъ хъвараб. Гьелда жанир ругоан гIемер батIи-батIиял вагIзаби, туркаби, мавлидал. Гьездаго гьоркьоса бищунго кIудияб асар дие кьуна тарихияб хъвай-хъвагIаялъ. Гьеб бугоан гIарабал Дагъистаналдеги рачIун, гьенисан ТIанусире рачIиналъул хIакъалъулъ хъвараб тарих. Гьеб гIемер кIудияб макъалаги гьечIоан 15 тIамач гурони. Дибиров Насрудиницаги гьеб хъван бугоан ТIанусиса Къебедасул МухIамад абулев чиясул тIехьалдасан. "Гьабги хъвана ТIанусиса Дибирасул вас Насрудиница 1988 соналъул 5 февралалъ", абун хъванги буго гьелъул ахиралда
Къебедасул МухIамадил гIагарлъи цIехедал нижеда гьезул чиги ватичIо. Дица МухIамадидаса изнуги босун гьелъул диего копияги гьабуна, бусинабуна магIарул мацIалде цониги хIарп хисизеги гьабичIого, бугеб къагIидаялъ. Гьенир руго ва жеги ратизеги рес буго гъалатIалги. Дица ургъун бахъараб жо гурелъул, бокьилаан, рес бугебгIан мехалъ, бугеб къагIидаялъ цIалдолезухъе щвезеги.
Далее
21.10.2009 http://www.tsumada.ru//news/22680
|