На сайте опубликован сборник стихов ЦIумада районалъул Хъуштада росулъа Загьидил МухIаммадхIажияс хъварал кучIдул цIалидал, цо рохалилаб асар гьабуна дие. Бихьулеб буго гьеб магIарул росдал гьайбатаб тIабигIаталъги, гIелму-лъаялде жидер рокьи бугел росуцоязул мисалазги, авторасул ракIалъе жеги гьитIинго шигIрияб асар гьабурабги. Гьев сверухъе кколел ругел лъугьа-бахъиназ пикраби гьаризе тIамуравлъиги, гьесулъ гьеб киналъего жиндирго къимат кьезе бажариги нилъее загьирлъулеб буго МухIаммадхIажиясул кучIдул цIалидал.
ШагIирасул асаралги, аслияб къагIидаялъ, релълъарал руго жиндирго заманалда, гьенир кколел рукIарал ва ругел лъугьа-бахъиназда. "Заманаялъул матIуялде" сверулел руго гьесул гIемерисел асарал. РакI-ракIалъ хъварал гьез нилъер ракIазеги гьабулеб буго гьебго рохалил асар.
РачIаха мисалалги рачун, гъорлъе раккилин МухIаммадхIажиясул асаразда:
Жакъа магIарулазул яхI-намусалъулги, гьезул рукIа-рахъиналъулги пикраби гьарулаго шагIирас бухулеб буго рахIатхвей загьир гьабулеб кочIол цIумур, нилъ киналго рекIеда ратизелъун, нилъ кантIизелъун
Далее 17.09.2009 http://www.tsumada.ru//news/22648
|