Борхалъуде раханагIан цIикIкIунеб асар РекIун маршруткаялдагун радал сагIат анкьгоялде бащдаб хIалтIарабго МахIачхъалаялдаса къватIире рахъарал ниж, нахъа тун Буйнакск, Лаваша, Хьаргаби, Унсоколо, Болъихъ районалгун, ЦIумада районалъул центр Агъвали росулъе щвана сагIат цоялде бащдаб хIалтIарабго. Хьаргабире ва БагIараб кьодухъе щвезегIан гьечIо кинабгIаги къварилъи, нух буго хъил тIураб, эркенаб. Кьода аскIоре щун кваранаб рахъалде сверарабго байбихьана (гIемер кIудияб манзилалъ гьечIониги) къваридаб, гвендаз хьвади захIмалъизабулеб, бухъулеб, хъирщулеб, гIатIид гьабулеб бугеб нух. Абизе ккола гьенисан байбихьун ЦIумада районалде щвезегIанго гIемераб дандчIвалин нухал къачIалеб, гьел гIатIид гьарулеб, кьураби тIезарулеб, хъил тIолеб, цебехун тIураб цIигьабулеб цIакъго гучаб техника.
Далее читайте в разделе Туризм/Альпинизм и туризм
20.08.2009 http://www.tsumada.ru//news/22635
|