На сайте опубликована книга "Сакъатун кубра" ХIусейн Афанди ккола тIадмагIаруллъиялда баккараб гвангъараб цIва. ПасихIал назмабаздалъун гьев жакъаги чIаго вугев гIадин кIалъалев вуго гьанжесеб ва букIинесеб бицун.
ХIусейн-афанди гьавуна 1900 с. ЦIумада района-лъул Сасикь росулъ ва нилъедасан ватIалъана 1964 с. Жиндирго биография гьес баян гьабун буго "Факъирав, хIакъирав дун вугониги", "Дирго ахIвалазул хIасил бицараб" абурал назмабазда. ГьитIинаб мехалдаса нахъе гьес гIелму тIалаб гьабуна ва гьесие рухIанияб тарбия щвана кIудиял машаихзабазул - КъахIиса ХIасан-афандил, ГIасаса МухIаммад ЯгIсубил, Гьандихъа ХIумайд-афандил. ХIумайд-афандица гьесие лъабго (накъщубандияб, шазалияб, жазулияб) тIарикъаталъе изнуги кьуна.
Гьес ирсалъе тана бидгIа-табдил жубачIеб бацIцIадаб тIарикъат, гIажам мацIалда къасидатазул кIиго тIехь, гIараб мацIалда "Иршаду-ссаликин" абураб назмабазул тIехь, ва тIарикъаталъул суалаздасан тIаса хъвараб гIараб мацIалда тIехь. (Ахирисеб тIехь нижехъ тIубан щвечIо, камулел руго гьоркьоса цо-цо бакIал.)
Устарасул тIахьал данде гьаризе жигар бахъана шайх Тажуддин-афандица ва квералъ хъвана Хеле-кьуриса Чупалас ва цогидазги. Амма цониги тIехь басмаялда жеги бахъун букIинчIо.
Гьалда бугеб тIоцебесебги ва кIиабилебги тIехь ккола гIажамалъ хъварал къасидатазул тIахьаздаса щибго хисичIого тартибалда росарал.
Лъабабилеб тIохьода хъвалел руго цересезда рачIинчIел, амма устарас хъварал ва гьесде гьарурал назмаби ва гIалимзабазул пикраби. Хириял диналъул вацал ва яцал, кIудияб гьари буго нужеде, гьав мубаракасул хIакъикъат лъалеб батани, яги нужехъ гьас хъварал цогидал назмаби ва кагътал ратани нижеда лъазабеян. Лъабабилеб тIехь нужер кумекалдалъун жеги тIад хъвазесеб буго, Иншааллагь!
Книга расположена в разделе "Религия\Книги"
04.05.2006 http://www.tsumada.ru//news/114
|