![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
![]() ![]() | |||||||||
Кадиров Магомед ![]() Другие фотографии:
Родом из селения Тинди. Дата рождения 1900 года.
РАГЬУЛ ВА ЗАХIМАТАЛЪУЛ БАГЬАДУРКIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб заманалда ТIисси-Ахикь росулъа Къадиров МухIамад хIалтIулев вукIана, ЦIумада районалда бишунго кIудиязул цояблъун кколеб, Хуштада росдал советалъул председательлъун. Пумруялъул завалалда вукIараб 1900 соналда гьавурав гьесул ракIалъе хIалхьи толеб букIинчIо ВатIаналде къо ккедал гьеб цIунизе рее кьунгутIиялъ. Лъабго нухалда ана гьев, хъван гIарзагун, районалъул рагъулаб комисса-риаталде рагьде витIейилан ва 1942 соналъул январалда гьесул гIарза къабул гьабуна. МухIамад ккана гьеб заманалда гIуцIулеб букIараб 115-абилеб кавалериялъул дивизиялде. ТIоцебесеб рагъулъ гIахьаллъи гьабуна Москваялда аскIоб. Гьениб бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ магIаруласе щвана "БахIарчилъиялъе гIоло" медаль. Гьелдаса хадуб Дубки шагьа-ралда гIагарлъухъ букIараб борхалъи бахъизе гIоло гьабураб рагъулъ МухIамадие кьуна "Слава" орден. Хадусеб Къадировасда ракIалде чIараб ва бицен гьабизе ккараб лъугьа-бахъин ккана Будапешт шагьар фашистаздаса эркен гьабураб рагь. Гьениб Къадиров МухIамадил взводалъ кверде восана 109 фашист. Гьезда гьоркьор рукIана генералги, полковникги ва чанго офицерги. Гьелъухъги Къадировасул каранда бана БагIараб ЦIва орден, Белгород бахъулаго бихьизабураб бихьинчилъиялъе гIоло кIиабилеб БагIараб ЦIва. Рагъулаб нухги гьесул лъугIана Белгородалда. Рагъдаса гьев тIадвуссана гIемерал шапакъаталгун. Гьанже гьесул каранда буго 11 медаль ва лъабго орден. Амма рагъдаса вуссун хадувги кIиабилеб группаялъул инвалид хIалхьиялда чIечIо. ХIалтIана районалъул нухазул участкаялъул начальниклъун, Заготконтораялъул управляющийлъун ва цогидалги жава-биял хIалтIабазда. Кив хIалтIаниги, Къадировас ракIбацIцIалъиги гIадамазе пайдаявлъун вукIине хIадурлъиги бихьизабулаан. Гьев хвана 1983 соналда. М.МУХIАМАДОВ Список односельчан. Всего регистрировано 517 односельчан! Присутствует в категориях: / Ветераны ВОВ/ Список сообщении и комментариев: |
|
||||||||||
|